Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ рокьизарулеб

Аллагьасе ﷻ рокьизарулеб

Аллагьасе ﷻ рокьизарулеб

Гьаб буго квешаб, мунагьаздаса цIунун чIезе захIматаб, иман загIипаб заман. Жакъа шагьаразда нилъеда бихьула хIарамщинаб, кинаб данделъиялде щваниги гъибат-бугьтан камун батуларо. Гьедин бугелъул, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее кьурал нигIматаздасан ккола гьабураб мунагьалда ракIбухIун тавбу гьаби.

 

Аллагь ﷻ разилъаяв МугIазица Аварагасда ﷺ гьикъана: «Я Бичасул авараг! Щиб жо кколеб Аллагьасе гIоло гьабулеб бацIцIадаб тавбу». Хирияв аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Тавбуялъул магIна ккола гьабураб мунагьалдаса пашманлъун, Аллагьасдаса мунагьал чури тIалаб гьабун, хадуб гьеб мунагьалде тIадвуссунгутIи», - ян. Мунагьаздеги даимлъун, гьел тезе къасдги гьабичIого кIалалъ тавбу загьир гьабулев чи, Аллагь ﷻ махсароде кквезе лъугьарав чи ккола. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ХIакъикъияб, Аллагьасе гIоло гьабулеб тавбу буго, жидеца лъачIого мунагьги гьабун, хадуб Аллагьасде руссарал гIадамазул», - абун.

Жегиги БетIергьанас ﷻ лагъзадериде амру гьабунгицин абулеб буго Къуръаналда (магIна): «Ле иман лъурал гIадамал! Нужеца Аллагьасе бацIцIадаб тавбу гьабе, рес буго БетIергьанас нужер мунагьал чуризе ва Аллагьасул расулги, муъминзабиги тIадегIанлъулеб къоялъ, нуж алжаналде лъугьинаризе», - ян.

ХIасанул Басрияс абуна: «Аллагьасе гIоло гьабураб тавбу гьеб ккола: ракIалдалъун пашманлъи, мацIалдалъун Аллагьасдаса мунагьал чури тIалаб гьаби, киналниги лугби мунагьаздаса цIуни, ракIалъ гьеб мунагьалде тIадвуссинарин бацIцIадаб ният-къасд гьаби». Амма гьеб мунагь гIадамасул хIакъалда хурхараб батани, гьесда зулму гьабун, бикъун, яги боцIи-мал ккун, тавбу къабуллъиялъе шартIлъула гьезул разилъи, боцIи-мал нахъе кьей. Жинда зулму гьабурав чи хун ватани, гьесул хIакъ ирсилазухъе нахъбуссинабила.

Гьедин гьабичIони гьев мунагьалъукье ккола ва къиямасеб къоялъ бетIергьабаз гьесдаса жидерго хIакъ тIалаб гьабула. Гьабураб мунагь гIадамазе загьир гьабизе кколаро, гьелъул гIаксалда, гьес гьеб гIадамаздаса бахчила ва Аллагь ﷻ тIаса лъугьиналде хьул лъун тавбу гьабила. Ккараб мунагьалдаса хехго тавбу гьабизе лъикIаб буго. Цо-цо гIалимзабаз тавбу нахъбахъи яги гьабичIого тей чIахIиял мунагьаздасан рикIкIуна. Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда абулеб гIадин: «Тавбу нахъбахъулел гьалаглъана», - ян. Щайгурелъул, тIоцебе, гьесда лъаларо метерисеб къоялде щвезегIан гьесие Аллагьас ﷻ гIумру кьун бугищ яги гьечIищали. КIиабизе, жакъа тезе кIвечIеб мунагь метер тезе гьесие захIмалъула. Щайгурелъул, къойидаса-къойиде гьесул шагьват-напсги цIикIкIуна ва гьеб мунагьги гьесие гIадатияб жолъун лъугьуна.

Ибну Мажагьица бицараб хIадисалда абулеб буго: «Ле гIадамал! Нужеца хвел тIаде щвелалде тавбу гьабе, дунялалда машгъуллъилалде нужеца лъикIал гIамалал гIемер гьаре, Аллагьасдаги ﷻ нужедагоги гьоркьоб хурхенги цIикIкIинабе гIемер зикру бачиналдалъун ва балъгоги тIатунги садакъа кьеялдалъун. Гьеб мехалъ Аллагьас ризкъи гIатIид гьабила, тушманасда тIад нужее квербакъила, нужер мунагьалги чурила», - ян.

Жиндие Аллагьас ﷻ нагIана кьураб иблисалъ БетIергьан Аллагьасда ﷻ абуна: «Дур тIадегIанлъиялдалъун дун гьедула, дур лагъзал къосине гьарулеблъун дун тIаса ине гьечIо, гьезул черхалдаса рухI батIалъизегIан», - абун. Цинги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Дир тIадегIанлъиялдалъун дунги гьедула, гьезул мунагьал чурулевлъун дун тIаса ине гьечIо, гьез мунагьал чури тIалаб гьабулеб бугебгIан мехалъ», - ян.

ГIабдуллагь бин ГIумарица бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьас лагъасул тавбу къабул гьабула, гьесул рухI щокъронибе бахинегIан». Гьаб хIадисалдасаги нилъеда бичIчIула тавбу гьабизе кидаго кватIун гьечIолъи ва Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса хьул къотIизе бегьунгутIи.

 

Тавбу къабуллъиялъул гIаламатал

– Квешаб гьудул-гьалмагълъи тей, исламалдехун рокьи бугел гIадамалгун жува-гъувай.

– Киналниги мунагьал тун Аллагьасе ﷻ гIибадат-тIагIаталде вуссин.

– РекIелъа дунялалдехун бугеб рохел, рокьи нахъе ин, ахираталъул пикру гьабун, гьелде рокьи цIикIкIин.

– КъваригIел гьечIеб хабаралдаса, гъибат-бугьтаналдаса мацI бацIцIад гьаби.

– Диналъул вацаздехун гьесул рекIелъ хIасад яги тушманлъи букIунгутIи.

– Мунагьаздаса тавбу гьабун хвалде хIадурун вукIин.

 

Тавбу гьабулев чи ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ункъо жоялдалъун кIодо гьавула.

  1. Аллагьас ﷻ гьев мунагьаздаса вацIцIад гьавула, мунагьго гьабун букIинчIеб гIадин.
  2. ЩайтIаналъ гьесда тIад кверщел гьабуларо, гьелъул макруялдаса цIунаравлъун вукIуна.
  3. БетIергьанас ﷻ гьев мекъаб ахиралдаса божаравлъун гьавула.
  4. Тавбу гьабулев лагъ Аллагьасе ﷻ вокьула.

 

МухIаммад Багьавудинов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...