Аслияб гьумералде

Ахират лъикIаб кьун батаги

Ахират лъикIаб кьун батаги

Ахират лъикIаб кьун батаги

 

Кинабго Аллагьасдасан буго ва киналго ахир Аллагьасде руссинеги руго.

Дагъистаналъул муфтияталъ ва «Ас-салам» газеталъул редакциялъ ракI унтараб зигара балеб буго 14 августалда МахIачхъала шагьаралда цIа ккеялда бан гIумруялдаса ратIалъаразул гIагарлъиялда ва зарал ккаразда. ЦIадул балагьалдалъун хварал гIадамал шагьидзаби ругин чIезабулеб буго гIелмуялъул тIахьаз.

Аллагьас ахират лъикIаб кьун батаги. ГIага-божаразе сабру кьеги. Нагагьал балагьаздаса Дагъистанги ва тIолалго бусурбабиги цIунаги. Амин!

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...