Аслияб гьумералде

Ахират лъикIаб кьун батаги

Ахират лъикIаб кьун батаги

Ахират лъикIаб кьун батаги

Нилъ киналго Алллагьасдасан руго, ахир Гьесдего руссунелги руго. Гьал къоязда панаяб дунялги рехун тун, ахираталъул рокъове накълулъана Болъихъ районалъул АнсалтIа росулъа гIалим ГIисалав-хIажи ГIисалаев.

Ислам загьир гьабизе гьукъараб захIматаб заманалда гIелму цIаларал гIалимзабазул цояв кколаан гьев. Дагъистаналда исламалъул даража борхизабиялъе бергьун кIудияб хIалтIи гьабуна гьев мубаракас. ГIумруялъул ахирал къояздаги гьес нухмалъи гьабулеб букIана Хасавюрт шагьаралда СагIидбег Даитовасул цIаралда бугеб исламияб институталъе.

ГIалим хвей – гIалам хвей бугин буго хIадисалда. Дагъистаналъул гIелмуялъе ккана кIудияб ками.

«Ас-салам» казияталъул редакциялъ зигара балеб балеб ГIисалав-хIажиясул хъизан-лъималазда, гIагарлъиялда ва росдал жамагIаталда. Ахират лъикIаб кьун вохизавеги!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...