Аслияб гьумералде

Ургъел чучиялъе

Ургъел чучиялъе

Гьанжесеб заманалда стресс лъугьун буго нилъер гӀемерисезул гьалмагълъун. БукӀинеселъул ургъел, цере ккарал гъалатӀазул къварилъи, гӀарцул захӀмалъаби, гIага-божаразулгун ругел захIматал гьоркьорлъабазул масъалаби - гьел киназго ракӀалда ва рухӀалда тӀад кӀудияб бакIлъи гьабула.

 

Инсанасда ракӀалде ккола ургъел-пикруялъул лабиринталда жанив хутIун, къватӀиве вахъине нух батизе кӀоларого, вилун вугин живин абун.

Киве вуссинеха рес бугеб муъминчиясе парахалъи батизе ккани?

Ислам гӀицӀго как-кIалалъул дин гуро. Гьеб ккола гӀумруялъул бищунго захIматал хIалазда парахалъи батизе, гъваридал ва асар бугел хӀалбихьиязе рес кьолеб гӀумруялъул тӀубараб гIуцIи.

Исламалъул рахъалъ балагьани, гӀумруялъул захӀмалъабиги гьездалъун кколеб стрессги жибго жиндаго чӀараб тамихӀ гуреб, ТӀадегӀанав Аллагьасул ﷻ хӀалбихьилъун ккола.

ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго: «Нижеца нужер хӀалбихьизе буго кинаб бугониги хӀинкъи тIаде биччаялдалъун, ракъизариялдалъун, магIишат мукъсан гьабиялдалъун, гӀумруялдаса ратIа гьариялдалъун ва пихъил ками ккезабиялдалъун…», - ян (сура «ал-Бакъара», 155 аят)

Гьале аслиял нухал, Къуръаналъул ва суннаталъул кьучӀалда, муъминчиясе стрессалде данде чӀезе кумек гьабулел.

Аллагьасулгун бухьен щула гьаби (зикру бачин ва цогидабги гIибадат)

РакӀалъе унго-унгояб парахалъи батула гӀицӀго Аллагь рехсеялдалъун. ГӀумруялъул ахӀи-хӀуралда, дове-гьаниве вортанхъиялда жаниб нилъеда кӀочон тола нилъер ракӀал риццалъулел рукIин. Хирияб Къуръаналда абун гьечIищ «Аллагь рехсеялдалъун гурищ ракӀазе рахӀат бачIунеб», - ян. (Къуръан, 13:28)

Къойил балеб как ккола гӀицӀго диналъул рукну гуребги, нилъ рижарав Аллагьасулгун ﷻ  гьабулеб бухьенлъун, нилъер рухIазе щолеб къуваталъул ва зарядкаялъул кьучӀги. Сужда гьабураб заманалда нилъ бищунго Аллагьасде ﷻ гӀагарлъула. Гьеб заманалдаса пайда босизе ккола нилъерго рухӀ Гьесде гIагарлъизе, ургъелал рикьизе.

 

Аллагьасде мугъчӀвай гьаби (таваккул)

Таваккал тIами кколаро кинаб бугониги мугIжизаталъухъ балагьун чIей. Гьеб ккола инсанасул жигараб хIаракатчилъи, хIалтIи, кванай, унтарас дару гьаби, гIумруялъул ишал тIуразе векерахъди. Гьединги букIаго, тIубанго Аллагьасде ﷻ таваккал тIамун ва Аллагьасул ﷻ  къадаралда мугъчIван вукIин. ТIаде бачIараб ургъел рекIелъе босичIого, гьеб Аллагьасул къадар букIиналде мугъчIвай гьабун вукIин.

ХӀакъикъаталдаги, унго-унгояб божилъи Аллагьасде ﷻ гьабураб мехалъ, дурго кверщаликь гьечӀеб жоялда тӀад кверщел гьабиялъул асар тӀагӀуна. Кинабниги махлукъат Аллагьасул ﷻ мулклъидал кколеб, гьелда кверщел гьабизе бугеб хьул нахъбуссуна ва Аллагьасде мугъчIвай цIикIкIун гьабула.

 

ДугӀа-алхIам: Халикъасулгун гара-чӀвари

МухӀаммад аварагас ﷺ абуна: «ДугӀа буго муъминчиясул ярагъ», - ян. РакӀ-ракӀалъулаб дугӀаялдалъун Аллагьасде ﷻ русса, хасго ракӀ пашманаб мехалъ. Гьесда гьаре аварагасул ﷺ суннаталдаса нилъехъе щварал рагӀабаздалъун. Масала, «Аллагьумма инни агIузу бика мин ал-гьамми вал-хIазан...». МагIна: (я, БетIергьан Аллагь, дица гьарулеб буго Дудалъун цIуни ургъалабаздасагун пашманлъабаздаса).

 

Сабру

Исламалъ ахӀула жигараб сабруялде. Нилъеда бичIчIулеб сабру буго тIаде бачIараб къварилъи хIехьон чIей. Гьединго гьеб ккола квешлъиялдаса инкар гьаби гуребги, захӀмалъабазухъ балагьичӀого, битӀараб нухдаса хьвадиялъулъ къвакӀи ва жиндиего гӀадлу гьабун, битIараб нух кквей. Сабру буго Аллагьасул ﷻ кумекалъе нуцӀа рагьулеб кӀул.

Аллагьасул ﷻ каламалда буго: «ХӀакълъунго Аллагь вуго сабру гьабуразда цадахъ», - ян. (Къуръан, 2:153)

 

Ккарал мунагьаздаса тIаса лъугьин Аллагьасдаса ﷻ тӀалаб гьаби (истигъфар)

ГӀемерисеб мехалъ жанисеб нилъер рахӀатхвей ккезе бегьула нилъерго гъалатӀал ва мунагьал сабалъун, гьелъ нилъедаги Аллагьасул ﷻ рахӀматалдаги гьоркьоб рухӀияб квалквал ва пардав гьабула. Гьоркьоса къотӀичӀого «Астагъфируллагь» (дица Аллагьасда тӀаса лъугьаян гьарула) абураб калима такрар гьабиялъ ракӀ бацIцӀад гьабула, бигьалъи бачӀуна, ризкъиялде ва захIмалъаби тӀураялде нуцӀа рагьула.

 

НигӀматазе шукру гьаби

Стрессалъ нилъ тӀамула нилъехъ гьечӀеб жоялде хьул лъезе. Иманалъ ахӀула гӀаксалда: нилъехъ бугеб жоялде балагьизе. Сахлъи, хъизан, квен, жибго хӀухьел цӀазе бугеб бажари – гьел киналго руго Аллагьасул ﷻ нигIматал. Аллагьасе ﷻ шукру гьабиялъ нилъер пикруялъулгун бичӀчӀиялъул хIисаб гьаби хисизабула, ракӀ гӀодобе биччазабула, баракат гӀемерлъизабула.

Стресс ккола инсанасул гӀумруялъул гIадатияб иш, амма муъминчиясе гьеб нух къотӀараб, чара бухIараб бакӀ гуро. Гьеб ккола Аллагьасде ﷻ руссине, нилъерго гӀумруялъе цӀидасан къимат кьезе, Гьесулгун бухьен щула гьабизе ракӀалде щвезабулеб ишара. Щулияб иманги, божилъиги, нилъер гIамалалги цолъизаруни батизе бегьула Къуръаналда бицараб ракӀ парахалъи. КIочене бегьуларо щибаб захӀмалъиялда хадуб бигьалъи бачӀунеблъи. Хирияб Къуръаналда буго: «ХӀакъикъаталдаги, щибаб захӀмалъиялда цадахъ бачӀуна бигьалъиги», - ян. (Къуръан, 94:5-6)

 

ХIамид МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...