Аслияб гьумералде

Би бацIцIад гьабулеб

Би бацIцIад гьабулеб

Бихьизе гьитIинаб бугониги ражипер ккола гIемерал пайдаби жиндилъ ругеб нигIмат. Гьелъул хIакъалъулъ рехсана Къуръаналда. Аварагасул ﷺ хIадисазулъги гьелъул баян гIезегIан буго.

 

Гьес ﷺ абураб буго: «Ражипер хIалтIизабе кванилъ, гьелдалъун даруги гьабе. Гьеб буго 70-ялдасаги цIикIкIун унтиялъе дару. Дихъе малаик вачIунев вукIинчIевани дицаги гьеб кваналаан», - абун (Тирмизи).

Ражипер бечедаб буго C, B6, B1, B2, B3, B5, B9, В6 ва РР гIадал витаминаздалъун, марганецалдалъун, кальциялдалъун, калиялдалъун, фосфоралдалъун, магниялдалъун, цинкалдалъун, железоялдалъун ва цогидалги микроэлементаздалъун.

Рекъовуда кваналеб бугони гьелъ кумек гьабула иммунитет щула гьабизе. Ражипералъул къуват гIола квачалъул унтабазде данде чIезе. Гьелъулъ ругел фитонцидаз чIвала ихдалил заманалда рукIунел заралиял бактериялгун грибкаби.

Гьелъ цIикIкIун пайда гьабула гIатIго кваналеб бугони. Бежа-белъун хIалтIизабидал, гьел пайдаби дагьлъула.

 

 

 

Кваназе бегьулеб къадар

ВОЗалъул баяназда рекъон, сахав чияс къойида жаниб бищун дагьаб цо гожо кваназе ккола. Ригьалде рахараз – 1-3 гожо. ТIоцебесеб лъабго моцIалъ лъимер гьабизе ругел руччабазеги бегьулеб буго 1-2 гожо кваназе.

 

 

 

Рак

Китаялъул гIалимзабаз гьарурал цIех-рехаз бихьизабуна анкьида жаниб кIиго нухалда ражи кваналел рукIарал чагIазул гьуърузда рак унти лъугьин 44 проценталъ дагьлъулеб букIин. Гьединго, простаталда рак лъугьиналдеги данде къеркьолеб буго. СШАялъул гIалимзабаз чIезабун буго гьелъулъ ругел гIуцIалабаз гIадал нахулъ лъугьунеб опухоль биххизабулиланги.

 

РакI

Кумек гьабула рекIелгун бидурихьазул унти ккеялдаса цIунизе. Эмори университеталда гьарурал цIех-рехазда чIезабун буго рожол нахалъ кумек гьабулин рекIел сахлъи цIунизе, хасго приступ бачIун хадуб. Гьединго нахалъ кумек гьабула диабеталъ унтарал кардиомиопатиялдаса цIунизеги. Кардиомиопатия лъугьиндал чорхолъ би хьвадиялъул низам хола ва гьеб хведал чиясул гIумруялъе хIинкъиги ккола.

Ражиялъ кумек гьабула бидул кьаби ва холестериналъул къадар рукIалида чIезабизе. Пайдаяб буго бидул кьаби цIикIкIараб букIунезе. Бидурихьазда тромб ккезеги гьукъула.

 

Ццин

Ражипералъулъ ругел цо-цо гIуцIабаз лъама гьабула ццин ва гьелъулъ ганчIал лъугьине толаро. Ццидал къвачIаялъур ганчIал лъугьунел руго кванилъ кьарияб нигIмат гIемер хIалтIизабиялъ.

 

ТIул

ЦIех-рехаз бихьизабуна ражипералъулъ ругел веществабаз тIулалъ ферментал лъугьин цIикIинарулеблъи. Ферменталги ккола квен, дару-хер, жанибе цIалеб хIухьелалда цадахъ чорхолъе рачIунел заралиял жал чIвалеб жо.

Ражипералъ лъикIаб хIал гьабула бихьиназул жинсияб гIуцIиялъегун простатиталъе. Спорталде машгъуллъарал чагIазе ччорбал рачIинаризеги кумек гьабула.

 

Руччабазе пайда

Ражи кванаялъ цо-цо гормоназул къадар лъикIлъизабиялдалъун ракьаялъул цIайи дагьлъизе толаро. Гьеб кванаялъ бигьа гьарула цIил (хрящ) ва гьелда сверухъ ругел тканазул воспалительниял гIаламатал.

Руччабазул накабазда ва цогидалги сукIалабазда цIикIкIун гьан яги кьаралъи лъугьун букIунеб унтиялъул захIмалъи 12 анкьалъ ражи хIалтIизабиялъ дагьлъула.

 

Зарал

Ражипер кваназе лъикIаб гьечIо чIобогояб кванирукъалда тIад. Кваназе лъикIаб гьечIо язва, гастрит, геморрой, эпилепсия, тIул, бакьал, ургьисалаби унтаразеги.

Кьариял чагIаздаги лъазе ккола гьелъ кванде гъира базабулеблъи.

Гьеб кванайдал, кIалдиса махI инелъун, лъикIаб буго рахьги гьекъон кIал ххулизе, лимон, петрушка кваназе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...