Аслияб гьумералде

Ятимазде жавабияб бербалагьи

Ятимазде жавабияб бербалагьи

Ятимазде жавабияб бербалагьи

«Инсан» фондалъул Гъуниб районалда бугеб филиалалъ кидагосеб бербалагьи гьабула пакъирал, ресукъал гIадамазде.

 

ЦерегIан къоязда 35 ятим (гьездаго гьоркьор рукIана Гъоркь КIогьориб росдал школалда цIалулел, директор Макъсудова Задал хасаб жавабчилъиялда ругел 13 лъимерги) данде гьарун рукIана «Къункъраби» абураб кафеялде.

Данделъиялда гIахьаллъана ва вагIза-насихIат гьабун кIалъана районалъул имамзабазул советалъул председатель Разакъов ГIалиасхIабица, Гъуниб росдал мажгиталъул имам МухIаммадгIалиев ГIабдулаца.

БацIада школалъул директор МухIаммадова ПатIиматица баркала загьир гьабуна «Инсан» фондалъул жавабиял хIалтIухъабазе ва сахаватчагIазе.

«Инсан «фондалъул ахIиялъе кидаго жаваб гьабулев ХIамзалов ХIамзалас данделъи нухда бачана нашидалги ахIун.

Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул Гъуниб районалда ругел Къураева Зайнабица, Синдикъова Сидратица, Каласова ПатIиматица, ШагIбанова ХIалиматица лъималазул ракIал роххизаруна, кванил нигIматаздалъун гьел хьезаруна.

«Инсан» фондалъул бакIалъулаб филиалалъул нухмалъулев ШагIбанов ГIабдулагьица данделъиялъе квербакъаразе ва гIахьаллъаразе ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабуна.

 

гIумар гIумаров

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...