Аслияб гьумералде

Новолакалда мажлис

Новолакалда мажлис

Дагьал церегIан къоязда ЦIияб Лак районалъул ЦIияб Лак росдал Культураялъул рокъоб тIобитIана «Ас-салам» казияталда хурхун мажлис.

 

Гьениб гIахьаллъи гьабуна росдал бегавуласул кумекчи Гъаирбек МухIаммадовичас, муфтияталъул севералъулаб округалда вугев вакил ГIизрагIил МухIаммадбасировас, Хасавюрт шагьаралъул имамасул кумекчи ГIали СултIановас, Хасавюрт шагьаралъул мажгиталъул имам МухIаммадгIариф Дарбишевас, районалъул росабазул имамзабаз.

Данделъиялда газеталъе подписка гьабурал чагIазда гьоркьоб можоро рехун бергьаразе кьуна шапакъатал ва казияталда рахъарал суал-жавабазда гьоркьоб гьабураб конкурсалда бергьаразе кьуна грамотабигун гIарцулал шапакъатал.

 КIалъазе вахъарав ГIизраил МухIаммадбасировас бицана «Ас-салам» казияталъул хиралъиялъул. Районалъул имам Шамил Назировас школалъул директорзабазе кьуна цадахъ рекъон хIалтIи гьабуралъухъ баркала загьир гьабурал кагътал.

Мажлисалъе ахир лъуна гIаммаб дугIа гьабиялдалъун. 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...