Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

- Ва, Адамил лъимер, дунялалда мун разилъун чIа, дур бетIербахъулеб къадаралда. Хвезе вугев чиясе гьебги гIемераб буго.

 

- Ва, Абубакар, дур кинаб пикру бугеб кIигоясул хIакъалъулъ, гьезул лъабабилев Аллагь вугев.

- Ва, Абузар, дуца гама цIигьабе, ай гIибадат къачIай, ралъад гъваридаб бугин.

- Ва, Анас, дурго магIишат хIалалаб гьабе, дугIаялъе жаваб щвела.

- Ва, ХIармалат, дуца шаргIалъ бихьизабураб гьабе ва гьукъаралдаса цIуне.

- Ва, цIакълъи щиб щивав кIалъалев гIалимасул ва гьеб къабул гьабулев гIенеккарасул.

- Ва, ХIузайфат, дуца тIадчIей гьабе Аллагьасул Къуръаналда.

- Ва, ГIубайдат, дуца гIинтIаме, мунги мутIигIлъе захIмалъиялъулъгун бигьалъиялъулъ.

- Ва, ГIукъбат, дуца гIагарлъи хурхинабе гьеб къотIарасулгун, мун махIрум гьавурасе кьезеги кье.

- Ва, ГIали, Аллагьасда гурони дур хьулги лъоге, дурго мунагьалдаса гурони хIинкъизеги хIинкъуге.

- Ва, ГIумар, лъикIаб магIишат лъикI лъикIав чиясе.

- Ва, Бичасул Расуласул инсул вац - ГIаббас, дуца гIемераб дугIа гьабе тIаса лъугьайин абун.

- Ва, ФатIимат, мун гьесие, ай росасе гъаравашлъун йикIа, дуе гьев лагълъун вукIина.

- Нужер щивасда халлъула чияр бадибе унеб сум, нужерго бадибе унеб чIалоги бихьичIого.

- Нужеца цогидазе бигьа гьабе, захIмат гьабуге.

- Гьересияб гьаялъ рукъзал хъаркIас гьарула.

- Жакъа буго гIамалазул чу биччалеб къо, метер гьелъул хIасил лъала. Ахирги Алжан буго. Гьалаглъарав ккола жужахIалде ккарав.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...