Аслияб гьумералде

Мунапикъзабазул пишаби

Мунапикъзабазул пишаби

Свалат-салам лъеяв Аварагасул хIадисалда буго: «Лъабго пиша-гIамал буго, щив чи вугониги гьеб лъабабго пиша-гIамал жиндилъ бугев, гьев чи мунапикъ вуго, жинца кIалал ккуниги, какал раниги, жив бусурбанчи вугилан дагIба баниги: жинца хабар бицунеб мехалъ – гьереси бицин, гьабураб къотIи биххи, аманаталъе хиянат гьаби».

 

Гьаб хирияб хIадисалъул магIнаялда тIасан руго батIи-батIиял кIалъаялги. ЦIикIкIарасел гIалимзабаз абулеб буго, хирияб хIадисалда рехсарал пишаби мунапикъзабазул пишабаздасан кколин, гьел пишаби жиндилъ вугев чиги мунапикъзабада релълъун вугин. Мунапикъилан гьесде гIамм гьабун абуна, гьев мунапикъ вукIине бегьиялъул нухалда, ай къвакIизе гьабун. Свалат-салам лъеяв Аварагасул буго цоги хIадис: «Ункъо пиша буго, щив чи вугониги жиндилъ гьел пишаби ругев, гьев чи вуго вацIцIадав мунапикъ: хабар бицунелъул гьереси бицин, божуе хиянат гьаби, гьабураб къотIи хвезаби, мекъаб жоялда тIад дагIбади. Щив чиясулъ бугониги гьел пишабазул цояб, гьев чи вукIуна гьеб пишаялдалъун нифакъалъулъ, гьес гьеб тезегIан».

ГIалимзабазул ижмагI ккана, Ислам ракIалъ къабулги гьабулев, кIалалдалъунги мукIурлъулев чи, рехсарал пишаби жиндилъ ругониги, гьесие куфруялда вукIиналъе ва даимго жужахIалъув хутIулев мунапикълъунги вукIиналъе хIукму гьабунгутIиялда. Юсуф аварагасул вацазулъги данделъана гьадал пишаби, гьелдалъун гьел аварагзабазул мухъилъа рахъичIо. Гьединго гьел ратула цо-цо салафуназулъ ва цо-цо гIалимзабазулъ.

Хадубги имаму Нававияс абулеб буго, гьаб хIадис ишкалаблъун кколарин, кинниги гIалимзабазул хилаф кканин хIадисалъул магIнаялда тIасан. МухIакъкъикъуназги гIемерал гIалимзабазги абураб, жиб сахIихIаб, тIаса бищараб магIнайин абуни, гьаб хIадисалъул: рехсарал пишаби руго жидеца нифакъ тIад гьабулел пишабаздаса, гьел пишаби жиндилъ ругев чи релълъун вуго мунапикъзабазда, гьел пишаби жинца хIалтIизе гьариялъулъ. Гьев чияс релълъенлъи гьабун буго ахлакъазул рахъалъ мунапикъазабазда. Нифакъ абураб жоги, ракIалда бугелъул хилафалда кIалалъ бицин бугелъул, гьебги гьев чиясулъ батун бугелъул.

ГIалимзабазул цояс абуна: «Рехсараб магIна, гьадаб хIадисалъул, гьел пишаби жиндилъ гIемерисеб заманалда хIасуллъулев чиясул хIакъалъулъ буго, нагагь-надир гурони гьел пишаби жиндилъ хIасуллъуларев чиясул хIакъалъулъ гьечIо», - ян. Гьаб ккола хIадисалъул тIаса бищараб магIнаги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...