Аслияб гьумералде

РабигIул авалалда дандчIвай

РабигIул авалалда дандчIвай

РабигIул авалалда дандчIвай

Гьале исанаги тIаде щолеб буго Бичасул авараг ﷺ дунялалде вачIараб рабигIул авал моцI. Нилъер дагъистаниязул гIадаталда рекъон гьеб буго хирияв МухIаммад авараг ﷺ ракIалде щвезавулеб, гьелда сверун рохел загьир гьабулеб, садакъа кьолеб, кванде гIага-божарал данде ракIарулеб заман. Дидани ккола дунялалда тIад гьединаб берцинаб гIадат бугеб бакI нилъер дагъистан тун цоги гIемер батиларин абун. Гьелъие нугIлъи гьабула гьоболлъухъ рачIунел гIарабалги гьелъие мукIурлъи.

 

Дагъистаналъул буго цоги чIухIи. гьебги ккола дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул бербалагьиялда гъоркь ругел Бичасул аварагасул рас ва цогидалги гьесул асарал, гьединго асхIабзабазулги гьез хIалтIизарулел рукIарал алатал. Нилъехъ гIадатлъун билъанхъун буго гьел асара гIадамазда рихьизе рабигIул авалгун рамазан моцIалъ батIи-батIиял бакIазда рихьизе лъолеб. Гьаб соналъги Кизилюрт шагьар хIадурулеб буго гьел асарал къабул гьаризе.

ХIакъикъаталдаги гьеб буго Дагъистаналъе кIудияб нигIмат ва рохел. ЛъагIалида жаниб чанго нухалда живго МухIаммад аварагасул расгун асарал рихьизе щвей жив Бичасул авараг вихьиялда бащадаб жо кколарищ.

Гьанже кигIан кин бугониги лъикIаб ишалде хIадуризеги рекъараб букIуна. Гьале чанго къо хутIун буго рабигIул авал бачIине. Гьанжего гьелде хIадурлъани беццараб букIинарищха. Масала, кин гьеб гьабилебан абуни, тIоцебесеб иргаялда байбихьила Бичасул аварасул гIумруялъул хIакъалъулъ тIахьал, мавлидал ва туркаби цIалиялдасан. Бичасул аварагасул гIумру цIикIкIун лъанагIан гьесдехун нилъер рокьиги гIемерлъула, гIишкъуги цIикIкIуна, баракатги гIемер щола. КIиабилеб иргаялда чанго мероприятие яги мажлис гIуцIиялъе ургъила аварагсда сверун. Гьеб букIине бегьула рокъобго хъизаналда жанибги. Масала, хириясул гIумруялдаса суалал лъималазе къойил кьей гIадаб, яги гьел суалал хIадуризеги тIамун цо сордоялъ гьезул хIалбихьигIадаб куцалда. ЛъикI лъаразе бугьула къиматал сайгъаталги хIадуризе.

Жеги лъикIаб буго рокъобе гIага-божаралги ахIун, квен-тIехги гьабун мавлид гьабизеги. Гьелъиеги цо гIемерал квенал гьаризе кколаро, гIадатияб мехалда нилъецаго кваналеб жо хIадураниги гIола. Амма нилъеразул гIадат билъун буго мавлид гьабизе гIемер квенги хIадурулеб, гьелде тIаде бикьизе жоги букIинабулеб. Гьебги квешаб жо гуро, садакъа буго. квешаб жо буго гьеб кинабго гьабизе рес гьечIони мавлид гьабиго рехун тей. Гьединлъидал щибго нечезе кколаро бугелда рекъараб квенги хIадурун мавлид рокъоб гьабизе. Гьелъие бищунго бигьаяб квен буго пулав белъин. Жибго аслияб мурад бги ккола Бичасул авараг кIодо гьавун рокъоб мажлис-мавлид гьаби.

ХIасил гьабун абуни, цIакъ рекъараб букIина гьеб моцIго Бичасул аварагасул бицунеблъун, гьесде салават гIемер битIулеблъун лъугьинабуни. Аллагьас кумек гьабеги! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...