Аслияб гьумералде

Бусурбанчи хIинкъизави

Бусурбанчи хIинкъизави

Бусурбанчи хIинкъизави

Кинав вугониги чиясул рекIелъе хIинкъи, рахIатхвей бачIинаби исламияб диналъ хIарам гьабураб жо букIин лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. Амма букIуна щибго хIарамабинги ккечIого гьабулеб хIарамаб ишги. Гьединаблъун ккола цIияб соналда цебе, хасго гьеб сордоялъ нилъер халкъалъ жидеего рекIелгъеялъе хIалтIизарулел кьвагьулел алатал.

 

Кьвагьи бахъинабиялдалъун цониги чиясул букIунаро гIадамал хIинкъизаризеян абураб пикру. Кеп-гIоркьалъе, рекIелгъеялъе кьвагьулел жалаз кутакалда кIудияб зарал, хинкъи бачIинабула тохлъукьего гьелъул гьаракь аскIоб бахъиндал. Дагьабниги ракI унтарав чи вугони, рес буго гьев хвезецин. Щайгурелъул, тохлъукьего бахъараб кьвагьиялъ рекIелъе рехараб хIинкъиялъ гIумруялдаса ватIа гьавизе бегьула инсан.

Кинав ватаниги инсан, хIатта ракълилаб къотIиялда вугев капурчи вугониги, хIинкъизавизе, гьесул рахIат хвезабизе ихтияр кьоларо исламалъ. Бусурбанчи бегьуларо виххизавизеги. Хирияб хIадисалда буго: «Бусурбанчиясе хIалаллъуларо цогидав бусурбанчи хIинкъизавизе», - ян. ГIамир бину РабигIатидасан бицун буго, Аварагасул ﷺ заманалда цояс цогидасул хьит бахчанила махсародего. Гьелъул хIакъалъулъ Бичасул Аварагасе ﷺ бициндал, гьес абунила: «Нужеца бусурбанчи хIинкъизавуге, гьеб ккола кIудияб зулму», - ян. Гьелъул хIакъалъулъ хIадисалги руго.

Бищун квеш ккараб жо буго гьеб кьвагьи-гIанхъи гьадингосеб жо бугин, гьелдалъун гIадамазе щибго зарал кколарин абун чIей, ай мунагьлъунцин гьеб бихьунгутIи. Гьукъараб жо гьабиялда мукIурав чи вугони, кида-къадги гьев тавбуялде вачIине хьул цIикIкIараб буго. Щайгурелъул, гьесда лъала жив мекъаб нухда вукIин. Амма битIарабинги ккун мекъаб нухда вугев чиясул тавбу гьабиялде хьул дагьаб букIуна. Сундасанин дица тавбу гьабизе кколеб, щиб квешлъийин жинца гьабурабин абун, нагIадала ккун чIола гьев.

ГIадамал хIинкъизариялде тIаде, гьелда жаниб буго щибго гуреб бакIалде боцIи хвезабиги. Цо лахIзаталда кьвагьизелъун босулеб жоялъухъ унеб гIарцул хIисаб гьабизе ккеларищ? ЦIаги гъун гIарац бухIиялдаса батIияб жо щиб гьениб бихьулеб бугеб? Къуръаналда сарихIаб куцалда абун буго, нужеца боцIи гIадада исрап гьабугейин абун. Къуръангун хIадис нилъее, ай бусурбабазе нухлъун хIалтIизабизе бачIараб жо гурищ?

Халкъалъул хIинкъи цIуниялъулаз (полиция) жеги лъазабулеб буго, гьел кьвагьулел алатал росулелъул цIодорлъи гьабейин, гьелда жанир украиналъулаз бокьараб жо лъун батизе рес бугин абун. Гьединлъидал, исламалъ гьукъараб, халкъалда рихараб гьеб иш гьабичIого тезе ккела.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...