Аслияб гьумералде

Балагьаздаса цIунулеб

Балагьаздаса цIунулеб

Балагьаздаса цIунулеб

Инсанас дунялалда гIумру гьабулебгIан заман ккола БетIергьанас гьесул хIалбихьулеб мех. Гьесул сабруги, иманги, таваккалги, Аллагьасде ﷻ тIамун тейги борцине батIи-батIиял тайпабаздалъун балагьула гьесул щулалъиялъухъ. Гьединал хIалбихьиялги ккола мискинлъи, ракъи-къеч тIаде биччай, унти, гIагарлъиялъ рехун тей, магIишат гьабизе захIмалъи, жундуз кквей, сихIру-хIасадалдалъун зарал ккей ва гьел гурелги.

 

Инсан гьел захIмалъабаз сверун ккун вугевго гIадин, Аллагьас ﷻ гьесухъе кьун руго живго цIунулел яргъил хIисабалда ругел алаталги. Гьебги ккола исламияб нух щулаго кквей.

Лъиего балъгояб жо гуро, кодоб ярагъгун, живго цIунизе кигIанги ресал ругев чи, щибго гьебги хIалтIизабичIого живго гьалаглъиялде тIамуни, гьев хвасарлъуларевлъи. Гьелъие мисаллъун бачине бегьула гIадамазул гьадинал гIузраби: дие магIишат битIулеб гьечIо, дунялалъул битIго гьечIо, лъимал квешал лъугьун руго, чорхолъа унтиго унеб гьечIо, сихIруялъ тIагIам толеб гьечIо, жундуз санагIат бахъун буго, гIибадаталде черх цIалеб гьечIо абурал гIадал. Гьел чагIазда цIехани, масала, как-кIал тIубалищин абун, тIубалеб батуларо. ТIубалезги мухIкан гьабулеб батуларо. ЗакагIат бахъун букIунаро. Суннатаб садакъа кьезе барахщун ратула. Радал-бакъанида гьарулел вирдал рукIунаро.

Балагьеха, цониги алатги хIалтIизабичIого гьезие цIуни киса щвелеб? Гьаб дунялалъул магIишат, боцIи гьедин рехун тани, гьебги батIалъула. ЦIуничIого тани боцIиги билула, гIарац-месед талавур гьабизе рес буго. БатIалъи щиб, ахираталъул гIамалазулги гьебго мисал буго.

Къуръаналда гIезегIан суратал, аятал руго инсан цIуниялъе цIалулел. Гьединго суннаталда дугIаби руго радал-бакъанида Бичасул Расулас цIалулел рукIаралги. Гьелги лъалел ратичIони, хIалтIизарулелги гьечIони, нилъ кин цIунилел?

Хасго гьаб заманалда гIемерлъун буго сихIру, жундуз кквей ва бергIеялъул унтаби. Амма гьелдаса цIуниялъе щибго гьабулеб гьечIо. Гьединав чиясе кигIан гIемераб дару-хер гьабуниги, жинцаго цIунулев гьечIебгIан заманалда жаниб, пайда дагьаб букIуна гьарурал тадбиразул.

Хирияв Аварагас ﷺ радал-бакъанида жив цIуниялъе цIалулел рукIарал дугIаби руго кигIанги. Гьелдаго тIадчIей гьабулаан асхIабзабазги табигIуназги. Амма нилъеца гьелъул милат гьаби тун буго. Гьелъул хIасилалда унтабиги цIикIкIун руго.

Киналниги захIмалъаби ва бигьалъаби руго БетIергьанас ﷻ кьолел ва тIаса росулел жал. Амма нилъеца хIаракат бахъизе ккола исламалъул нух щулаго кквезе. БетIергьанас ﷻ кьурал алатал хIалтIизаризе.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...