Аслияб гьумералде

МухIаммад ﷺ аварагасул бахIарчилъи

МухIаммад ﷺ аварагасул бахIарчилъи

МухIаммад ﷺ аварагасул бахIарчилъи

Бичасул авараг ﷺ вукIана гIадамазда гьоркьов бищунго кумек бугевлъун ва бахIарчиявлъун. Жинда Аллагь разилъаяв ГIали-асхIабас абуна: «Бадруялъул къоялъ дида нижго рихьулел рукIана аварагасда ﷺ нахъа рахчулеллъун...

 

 

 

...Бичасул авараг ﷺ вукIана тушбабазде бищунго гIагарда. Гьеб бакIалда бищун хIинкъи гьечIевлъунги вукIана гьев», - ян. Гьединго бицана ГIалидасан, бищунго рагъул кор боркьараб мехалда, ниж рахчулаан Бичасул аварагасда ﷺ нахъа, тушбабазде гьесдаса цIикIкIун гIагарлъуда вугев чиги вукIунароанин абун.

Бицен буго, хирияв авараг ﷺ вукIанин калам дагьав, хабар къокъав ва рагъ лъазабидал бищун тIоцеве гъуждул гурун къватIивеги вахъуневилан абун. 

Дунялалалъул тарихалда гIемер руго бахIарзал абун жидер гьунаразул бицен бугел гIадамал. Гьезул бахIарчилъи хъварал тIахьалги гIемер руго. Амма Бичасул аварагасул ﷺ бахIарчилъиялде дандеккун, гьезул киназулго гIамм гьабун босаниги, цIакъго гьитIинаб къадар гурони букIинчIо. Щайгурелъул хIакъикъияб бахIарчилъи живго аварагасулъ ﷺ гурони букIинчIелъул. Гьелъул магIна ккола, цогидал гIадамазул бахIарчилъи букIунин гIумруялда жаниб цоцIул, гьебги гIолохъанго рукIаго. Гьединго цо рагъулъги букIуна. Амма цогидаб бакIалда гьеб бахIрчилъи ссун уна. Хирияв аварагасул ﷺ бахIарчилъийин абуни кидаго букIана. 

«Васаилул вусул» абураб тIехьалда хъвалеб буго, Бичасул авараг ﷺ вукIанин гIадамазда гьоркьов бищунго бахIарчиявлъунилан. Цогидазда гьоркьов бахIарчилъун рикIкIунаанила рагъулъ рукIаго хирияв аварагасда ﷺ гIагарлъухъ вукIун вагъизе бажарулев чийилан. 

Гьелъие кьучIлъун бачине бегьула гьаб хадусеб хIадисги. Бараида цояс цIехана Бичасул аварагги ﷺ живго тун нуж нахъе тIуранищха ХIунайналда рукIагоян. ТIуранин жаваб кьуна гьес. Амма хирияв аварагин ﷺ абуни, жиндирго гIурцIмадаги рекIун, капурзабазде тIаде ана, щибго нахъе къачIого. Гьедин капурзабаз сверун кквейдал рещтIана авараг ﷺ гIурцIмадаса ва ана капурзабазде тIаде. Гьес ﷺ абулебги букIана: «Дун вуго авараг ﷺ, щибго гьереси гьечIо, дун вуго ГIабдулмутIалибил вас», - ян.

Убаю бин Халаф абурав мушрикунас Бадруялъул къоялъ асирлъудаса вичун восулаго Бичасул аварагасда ﷺ абуна, жиндир бугин щибаб къойил 16 ратIал, ай 6,5 бащдаб кг. кIалцIиги бан хьихьараб чу, гьелда тIадги рекIун жинца мун чIвазе вугин абун. Гьесие жаваб гьабун аварагасги ﷺ абуна, ИншаалЛагь жинца мун чIвалин абун. УхIудалъул гъазаваталъул къоялъ Убаюда авараг ﷺ вихьидал, жиндирго чодаги рекIун къасд гьабула авараг ﷺ вугеб рахъалдехун, гьев чIвазелъун ине. Гьев вачIунев вихьидал, данде лъугьине къасд гьабуна асхIабзабаз. Цинги аварагас ﷺ абуна виччанте гьанивейилан абун. Хирияс ﷺ босана ХIарис бин Симатихъа хечги, гьесда цере рукIарал асхIабзабиги нахъе ана, варани багъаридал тIад рукIарал тIутIал унел кинниги. Цинги гьедин вачIунев Убаюл горболъ гьеб хечги щун, гевегизавуна ракьалде. Цинги къурайшияхъе тIурун ана, жив МухIаммадица чIванинги ахIулаго.

Гьединаб кутакаб бахIарчилъи букIана халкъалъулго хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...