Аслияб гьумералде

Мунапикъзаби рокьиялъул хIасил

Мунапикъзаби рокьиялъул хIасил

Мунапикъзаби рокьиялъул хIасил

ХIурматияб «Ас-салам» казият цIалулезул жамагIат. Дунялалъул гIадат буго лъикIалгун квешал гIадамаз цоцалъ журан гIумру тIамулеб. Квешаздаса лъикIал ратIа гьаризе лъугьинги, гьединго, гIаксалдаги бугеб къасд гIададисеб жо буго. Нагагь гьедин гьабизе бажараниги гIумру-яшав цадахъ гурони лъугьунаро. Гьеб иш лъан хадуб нилъеца балагьизе ккола квешалин абулел гIадамазулгун кинаб гьоркьоблъи гьабизе кколебали.

 

Квешалин рикIкIунел гIадамазулги бусурбанчиясе чанго батIияб тайпа букIина. Масалалъе, бусурбаби гурел цоял, гьезда гьоркьорги исламалъе кIвараб зарал гьабизе ургъулел цогидал. Гьединго бусурбабиян цIар бугел, амма гьабулеб хьвада-чIвади капурзабазулалдасги нахъегIанаб, зулму гьаби, цIогьоди, бусурбанчиясе гъара гьаби, гьев гъоркье рехи сурараб ишлъун жидее гьечIел.

Квешал гIадамазул зарал гьечIого букIинаро, амма бищунго жамгIияталъе зарал бугел ккола бусурбабазул цIаралда гъоркь хьвадулел бидгIачагIи, ай вагьабиял гIадал, гьединго гIалимзабазде, устарзабазде данде рахъарал мунапикъзаби. Гьединал гIадамал раккиялда щибго гIажаиблъизе жо гьечIо. Щайгурелъул Бичасул авараг ﷺ чIаго вукIаго гьесде данде рахъарал бусурбабилъун рикIкIунел мунапикъзаби рукIиндал. Мунапикъзаби камун дунял букIунареблъи лъан хадуб нилъее чара гьечIого къваригIуна гьел ратIа рахъизе лъаялдаго цадахъ гьезулгун кинаб гьоркьоблъи гьабилебали бичIчIиги.

ЛъикIал гурел гIадамазулгун гьабулеб гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ Къуръаналда буго: «Нуж гьетIуге, ай цIакъго гьудуллъи гьабун аскIоре къаге залимзабазде, ай квешал гIадамазде. Гьедин гьабуни нужедаги хъатIила жужахIалъул цIа», - ян.

Гьаниб бицинчIого гIоларо гьабсагIат нилъер халкъалда гьоркьоб гIадатияб жолъун лъугьун бугеб хIалалъулги. Масала, киназдаго лъалев, машгьурав, цо лъикIаб гьечIеб хьвадиялъул, зулмуялъул инсан яги мунапикъ вукIуна. Балагьараб мехалда гьесулгун лъикIаб гьоркьоблъиялда рихьула диналда тIадчIеялдалъун машгьурал цо-цоялги. Гьедин щайин гьикъизеги рес гьечIо, гьеб бакIалдаго абула жидеда цебе квешлъи гьабуларин гьес абун. КигIан бокьун бугониги, гьеб пикруялда разилъизе бажарулеб гьечIо. ХIакъикъаталдаги квешлъи гьабулев чи вукIинги лъалаго, гьес тавбу гьабун вуссунги гьечIеб мехалда, гьесулгун рокьа-хинлъи гьаби, гьесул квешлъиялда тIад рекъейлъун гуреб, цоги батIияб куцалда кин бичIчIулеб? Квешлъиялда тIад рекъарав чиги гьесулго гIахьалчи ккеларищ? Гьесдаги жужахIалъул цIадул мацI щунин абун гIайиб бугищха?

Ахиралдаги бицинин, ЮшагI аварагасде Аллагьас вахIю гьабулеб буго, Дица дур къавмалдаса 40 азарго лъикIалгун 60 азарго квешал гIадамал гьалаг гьаризе ругин абун. Цинги ЮшагIица гьикъулеб буго, квешал гIадамал гьалаг гьари бичIчIилин, лъикIалгIаги щайин гьалаг гьарулелин абун. Цинги Аллагьасул рахъалдасан жаваб бачIанила, лъикIалги гьалаг гьарулел ругин квешалгун цадахъ квана-гьекъон, кеп-ихтилаталда, Диде гIасилъиялде ццимги бахъинчIого, гьезда цадахъ рукIаралъухъин абун.

Балагьеха, бусурбаби, квешал гIадамалгун цадахъ рукIиналъул къисматалде.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...