Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

 

Бичасул аварагас абуна:

– Муъминчиясулгун гурони гьалмагълъиги гьабуге, дур тIагIамги Аллагьасукьа хIинкъарас гурони кванаге.

– Жиндир дудехун бугеб бербалагьи дур гьесдехун бугебгIадаб гьечIесулгун гьалмагълъиялъул пайда гьечIо.

– Цогиясеги гьабиларо зарал, жиндие гьабуралъухъ дандеги гьабиларо жиндие гьабуралдаса цIикIкIараб зарал.

– Аллагьасде гIасилъигун махлукъасе мутIигIлъизе бегьуларо.

– Тадбир гьабигIанасеб гIакълуги гьечIо, цIунун чIейгIадаб варагIги гьечIо ва тIабигIат берцинлъигIадаб тIадегIанлъиги гьечIо.

– Пакъирлъиялдаса кIудияб язихълъи гьечIо.

– ГIакълуялдаса лъикIаб магIишат гьечIо.

– Живго жиндаго берцин вихьиялдаса кIудияб янгъизлъи гьечIо.

– Инсанасе рихараб жо тIаде бачIинабуларо квералъ гурони.

– Бусурбанчиясе хIалалаб гьечIо цогидав бусурбанчи хIинкъизавизе.

– Бихьинал лъикIал ругеллъун тIаса унаро руччабазе мутIигIлъичIебгIан заманалда.

– ГIадамазе щукру гьабуларес Аллагьасеги гьабуларо.

– Къадаралдаса рорчIуларо цIунун чIеялъ.

– Инсанасда цого картIинисан кIицIул хIанчIуларо.

– Аллагьасукьа хIинкъаразул къокъаялдаса инсан лъугьунаро къваригIел гьечIеб гьеб бугелдехун тезегIан.

– Нужер цонигияс камилаб иман лъоларо жиндиего бокьулеб жо цогидав вацасеги бокьичIони.

– Нужер цонигияс камилаб иман лъоларо диде рещтIараб жоялда нахъвилълъун гурони.

– Нужер цонигияс камилаб иман лъоларо ракIги мацIги цадахъ рекъани гурони.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....