Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъ варидал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъ варидал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

–  Мунагьлъун гIела чиясе жинца хьихьизе кколесе напакъа кьечIого тей.

– Мунагьлъун гIела дуе мун дагIбадулевлъун вукIин.

– ВагIзалъун заман унеб жо букIин лъай гIела, ратIа гьарулеблъун хвел букIин лъайги.

– Кинабниги бачIунесеб гIагараб ккола.

– Кинабго чан гIалхул хIамаялде жанибе уна.

– Нужер щивав вехь вуго, щивав жиндир рехъадул жавабиявги вуго.

– Кинавниги бусурбанчи цояв цогидасе хIарамав вуго, гьесул бигун, боцIигун ва дингун цадахъ.

– Кинабниги лъикIлъи садакъа ккола.

– Кинабниги зарал жужахIалъуб буго.

– Щивасе бигьа гьабун буго жиндие гIоло бижараб жо.

– ГIадамазда кIалъай гьезда лъалеб жоялдалъун ва рехун те гьезие бокьулареб.

– Дуца гьабураб диналъул къадаралда Аллагьас дудехун бухьен гьабула ва мунги гIагар гьавула.

– Нужер хьвадиялда рекъарав вукIуна нужер бетIерги.

– Дунялалда мун вукIа рикIкIадаса вачIарав чигIадин, яги нухлулав кинниги, дурго нафсги рикIкIе хабалазул агьлуялдасан.

– ГIажизав чи ккола жиндир нафс гьаваялда нахъбилълъинабурав ва Аллагьасде хьулалги тIамулев.

– Лъимал гьаре хвезе рукIине ва минаби рай чIунтизе.

–  Дун батIулаздаса гуро, я батIулаб дилъги гьечIо. 

– Бицараб жо, ай хабар бихьараб гIадаб гьечIо.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...