Аслияб гьумералде

Гьведул даража борхулеб

Гьведул даража борхулеб

Гьведул даража борхулеб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал, гьаб заман буго риидалил мех. ЦIалудаса киналго гIодор ругеб заман. Сентябрь бачIингун киназулго цIалиги байбихьула. Гьаб заманалда гIун бачIунеб гIелалъ, телефоназдеги руссун, цIали рехун тун буго. ХIатта абулеб буго щайдила цIалдезе кколел, бокьараб жо телефоналдаса балагьизе ва лъазе ресги букIаго.

 

Цоги абула гIолохъабаз, масала, тохтур вахъине ккани 6-8 соналъ цIализе кколила. Гьеб заманалда жаниб хIалтIани кигIанги гIемер магIишат данде гьабизе бажарулин. ЦIалун хадуб кидайила гьеб гIарац щолебин абун. Гьединал пикрабаз цIияб гIел гуккулеб буго. Гьезул лъай цебетIезабизе биччаялдаса нахъчIвалеб буго.

Нилъеца, ай умумуз ва чIахIияз гIолохъаби гIадада хвезе риччазе тезе бегьуларо. Кинал сабабалгун нухал ралагьунги цIала-къалиялде ругьун гьаризе ккола. Инсанасда жаниб жиндир цIодорлъиги лъайги гьечIони гьесул жамгIияталъе зарал гуреб жо букIунаро. Интернет буго жакъа бугони метер къотIизабизе бегьулеб, гьединго ток ани, зарядка лъугIани букIунареб жо.

Гьединлъидалин бищун кIудияв тушман инсанасул кколеб гьесда лъалареблъун бугеб жо. Балагье, лъай-гIелму букIиналъ инсан щай ворхизавуларев, жиндир гIайнго нажасаб гьвецин тIадегIан гьабулеб мехалъ. Фикъгьиялъул тIахьазда батула «калбун мугIалламун» абураб рагIи. Гьелъул магIна ккола ругьун гьабураб гьве абураб.

Чанахъанас чанида хадуб битIараб гьой ругьун гьабураб бугониги, ай гьелъ ккураб чан жинцаго кIал бан кваначIого тезе, гьеб чан квине бегьула. Амма ругьунго гьабичIеб, ай лъай гьечIелъ бачIараб хъвезе щвани гурони хIалаллъуларо.

ГьедигIан хирияб жо буго гIелму-лъай. Хасго инсанасе чара гьечIого къваригIуна исламияб лъай. Умумузда гьебги бичIчIун цIализе ритIарал лъимал ратула кIарчанлъулел, гьеб тезе букIине нухал ралагьулел. Лъималазул цо гьитIинабго гIарз бихьарабго, лъимал нахъе рачунелги гIемер рукIуна. Лъиего балъгояб жо гуро, гьабсагIат жеги гьитIингоги вугев, гIумруялъул хIалбихьиги гьечIев гIолохъанчиясда гIелмуялъул хиралъи бичIчIулареблъи. Гьелъул хIалбихьи бугел кIудияз нухда тIоритIизе ккола гIолохъаби, жидерго гIумруялъул хIалбихьиялъул дарсалги хIисабалде росун.

ГIемерав чияс кьола суал лъималазе бокьичIони цIализаризе, хIалгьабизе бегьулищин абун. ХIалгьабеян лъицаго абуларо. Амма унго-унгоги эбел-инсуе лъимал цIализе бокьани, гьез киналго ресал хIалтIизарула. Сундаго барахщизеги барахщуларо. Амма цIализе айинха абун тани ва дагьабгIаги тIаса-масалъи лъималазда бичIчIани, гьезулги ракI баларо. Гьединлъидалин умумузул букIине кколеб тIоцебе щулияб ният.

Добго хIал гьабиялде тIадруссинин. Лъималаз цо щиб бугониги гьабизе нилъее бокьани ругелги гьечIелги ресал хIалтIизарула нилъеца. Гьеб кинабго сурсат ва къуват гIелму цIалиялде биччани, гьеблъимадуе бокьарабщинаб жоги гIелму цIалиялда хурхинабуни, Аллагьас гьезул къасд гIадада теларин ккола.

Аллагьас кумек гьабеги!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...