Аслияб гьумералде

Как къабул гьабиялде хьул…

Как къабул гьабиялде хьул…

Как къабул гьабиялде хьул…

ХIурматиял бусурбаби, къол щуябго как тIадаб букIин лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. Гьелъухъги кIудияб шукру-рецц буго БетIергьанасе. Какилъ цIунизе кколел шурутIалгун арканал камил гьарун хадуб щивав чиясда лъазе ккола щивас жинцаго гуреб гьеб как жамагIат гьабун бай Бичасул аварагас тIадчIей гьабураб суннатлъун букIин. ХIатта гьелда абула фарзул кифаятин абун.

 

 

Гьелъул магIна ккола росу бугеб бакIалда яги шагьаралда цонигияз гьеб жамагIат бачIони, тIубараб гьеб бакIалъул агьлуго мунагьалде кколин аби. Хирияб хIадисалда буго: «Росулъ яги гIалахалда данделъарал лъабгоял, жидеца жамагIат гьабун как баларел рукIунаро, гьезда шайтIаналъ кверщел гьабун гурони. Дуца жамагIаталда тIадчIей гьабе, бацIица нахъа хутIараб чахъуйин кунеб», - ян.

Жеги, жамагIат мажгиталде ракIарун бай лъикIаблъун бихьизабун буго бихьиназе. Гьелда жанибги гIемераб пайда буго. Гьезул цояб ккола къойида жаниб щуго нухалда бусурбаби цоцазда рихьи, цоцазул ахIвал-хIал лъай ва цоцазе кумек гьабизе рес букIин.

ЖамагIат гьабун балеб какил хиралъи бицараб бакIалда Бичасул аварагас абулеб буго: «ЖамагIат гьабун бараб какил кири къоло анкьго нухалда цIикIкIараб буго жинцаго батIаго баралдаса», - ян. Къоло анкьгоялъул бакIалда цо босулев чи яги унтрав, гIакълу дагьав вукIине ялъуни иман цIакъго загIипав ватизе ккола. Цогидаб хIадисалда буго: «Цо чияс цогидавгун цадахъ бараб как хирияб буго жинцаго баралдаса. КIиго чигун бараб, цоявгун баралдаса хирияб буго. КигIан чи цIикIкIаниги гьеб Аллагьасе бокьулеб буго», - ян.

ЖамагIаталда бараб как къабул гьабиялъе хьул цIикIкIараб букIин бичIчIулев салафазул цояз гьадин бицун буго: «ЖамагIат гьабизе гIадамал тIаде рахъиндал Аллагь балагьула имамасул ракIалде, гьесул рекIелъ лъикIлъи, ай хIузур батани, БетIергьан гьелда разилъула ва киназулго какги къабул гьабула, мунагьалги чурула. Амма  гьесул рекIелъ щибго лъикIлъи-хIузур батичIони, цогидал муъминзабазул рекIеде балагьула, ай жамагIаталда ругезул. Гьезул цонигиязул рекIелъ лъикIлъи, ай хIузур батани, БетIергьан гьелда разилъула ва киназулго какги къабул гьабула, мунагьалги чурула. Гьезда гьоркьов вугесул цонигиясул рекIелъ щибго хайир батичIони, гьел как баялъе данделъиялде, как базе тIаде рахъиналде, Аллагьасда цере чIеялде балагьун,  БетIергьан гьездаса разилъула ва киназулго какги къабул гьабула, мунагьалги чурула», - ян.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...