Аслияб гьумералде

Аллагьу акбаралъул хиралъи

Аллагьу акбаралъул хиралъи

Аллагьу акбаралъул хиралъи

«Аллагьу акбар» абураб каламалъул магIна ккола Аллагь кIудияв, хирияв, тIадегIанав, хIурмат цIикIкIарав вугин кинабниги цогидаб кIудиябин, хириябин ва тIадегIанабин рикIкIунебщинаб жоялдасаян абураб. Гьелъул гIелмияб магIна ккола зикру-тасбихIго гIадаб.

 

«Аллагьу акбар» абураб калимаялъул руго гIезегIанал пайдабиги.

– ЦIа свинаби.

Хирияб хIадисалда буго: «ЦIа ккун бихьараб заманалда нужеца «Аллагьу акбар» абе, гьеб цIа свина», - ян. Цогидаб хIадисалда буго, цIа свиналъе квербакъе «Аллагьу акбар» абиялдалъунилан. 

– Жундул рухIи.

Такбир бачунеб бакIалда жундул чIоларила. Шайих ГIабдулкарим ал-КъатIан абурав гIалимас абун буго, жундул рихьидал такбир бачейин, ай «Аллагьу акбар» абейин. Щайгурелъул такбир бачунеб бакIалда жундул чIоларила. Гьелъие бугеб хIикматги кколеб буго, жундул цIаялдаса рижарал жалъидал, такбирги цIа свинабулеблъун кколеб зикру букIин.

– Борхалъуде рахиндал такбир бачин.

Хирияб хIадисалда буго: «Дуца тIадчIей гьабе такъваялда ва кинабгIаги борхалъиялде вахиндал такбир бачиналда», - ян. Абугьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Ниж рукIана борхалъиялде рахиндал такбир бачунел, гIодоблъиялде рещтIиндал тасбихI битIулеллъун», - ян. Муслим ва Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Гъазаваталдаса яги хIежалдасагун гIумраялдаса тIадвуссунелъул Бичасул Аварагас ﷺ, щибаб борхалъиялде вахиндал, лъабго такбир бачунеб букIана, цинги гьадин абулаан: Ла илагьа иллаллагьу вахIдагьу лашарика лагьу, лагьул мулку ва лагьул хIамду вагьува гIала кулли шайин къадир. Айибуна гIабидуна сажидуна лираббина хIамидуна. Садакъаллагьу вагIдагьу ва насара гIабдагьу ва гьазамал ахIзаба вахIдагьу», - ян.

– Ракьалги зобалги цIезарула.

Хирияб хIадисалда буго: «СубхIаналлагь» буго бащадал цIадираби, «АлхIамдулиллагь» буго цIурал цIадираби, «Аллагьу акбаралъ» ракьалги зобалги цIезарула. «Лаилагьа иллаллагьалъе» пардав гьечIо, бацIцIадго Аллагьасде щвезегIан», - ян.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...