Аслияб гьумералде

FileserverdАССАЛАМ ВЕРСТКА (ничего не удалять!)На сайтПапка As_salam_avar-20-2025LinksНовая папка

FileserverdАССАЛАМ ВЕРСТКА (ничего не удалять!)На сайтПапка As_salam_avar-20-2025LinksНовая папка

Нилъ киналго руго дугIаялде хIажатал гIадамал. Гьединлъидал цоцаздаса ратIалъулелъул, гьединго рикIкIада ругезулгун къо-мех лъикI гьабулелъул, цоцазде васият, аманат гьабула дугIа гьабеян абун. КигIанго къватIибе загьир гьабичIониги рекIел тIинда, цо гьитIинабго бакIалда букIунги нилъерги батула гьабгощинаб гьарулебги бугин, дугIа къабуллъулебго гьечIин абураб жо.

 

Басраялъул базар къотIун унев Ибрагьим бин Адгьамида сверухъ ракIаранила гIадамал. Ва, Аба-ИсхIакъ, нижеца гьарулеб буго, амма дугIаялъе жавабго гьабулеб гьечIин хитIаб гьабунила гьесде гIадамаз. Цинги гьес жаваб гьабунила, щайгурелъул, нужер ракIал анцIго жоялдалъун хун ругин абун. 

ТIоцебесеб, нужеда Аллагь лъана, кинниги Гьесие кколеб хIакъ кьолеб гьечIо.

КIиабилеб, нужеца чIезабулеб буго Бичасул авараг ﷺ вокьулин абун, амма гьесул суннат толеб буго.

Лъабабилеб, нужеца Къуръан цIалулеб буго, амма гьелда гIамал гьабулеб гьечIо.

Ункъабилеб, Аллагьасул нигIматал кунел руго, амма гьелъухъ шукру гьабулеб гьечIо.

Щуабилеб, нужеца абулеб буго тушман шайтIан бугин, амма гьебгун рекъон рукIунел руго.

Анлъабилеб, нужеца абулеб буго Алжан букIин хIакъаб бугин, амма гьеб щвезе хIаракат бахъулеб гьечIо.

Анкьабилеб, жужахI букIин мухIканаб бугин руго нуж, амма гьелдаса цIуни гьабулеб гьечIо.

Микьабилеб, хвел хIакъаб бугин руго нуж, амма гьелъие хIадурлъиго гьабулеб гьечIо.

ИчIабилеб, макьидаса рорчIидал, нужерго гIайибалги рукIаго, цогидазул гIунгутIаби рехсолел руго.

АнцIабилеб, нужерго хварал рукъулел руго, амма щибго пикру-вагIза гьелдаса босулеб гьечIо.

Балагьеха, бусурбаби, доб цебе заманалдацин гьалгощинал гIайибал рукIарал, нилъер заманалда кигIан цIикIкIундай гьел ругел?

ГIалимазабазул цо бутIаялда цIехолеб буго, нижер дугIаялъе жаваб щайдай бачIунареб абун. Цинги гьез жаваб гьабулеб буго, щайгурелъулин, Аллагьас нужее нигIматал кьун ругин, шукру нужеца гьабулеб гьечIин. Нуж Аллагьасде гIасилъидал тавбу-истигъфар гьабулеб гьечIин. ГIелму нужеда рагIидал, гьеб хIалтIизабулеб гьечIин. Загьидазабигун цадахъ рукIунин, амма гьезул гIадаб гIамал гьабуларин. ЗулмучагIазул яшав бихьулеб бугин, амма щибго пикру гьабулеб гьечIин.

Аллагьас дугIа къабулаллъун гьареги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...