Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ суннат

Аварагасул ﷺ суннат

Суннат ккола МухӀаммад аварагасул ﷺ нух. Суннат абураб рагIиялде гъорлъе уна МухӀаммад аварагас ﷺ авараглъи щун хадуб абураб ва гьабурабщинаб жо, гьединго гьесул яхӀ-намусалъул хаслъаби, лъикIал тIабигIатал ва гӀамал-хасият.

 

Гьеб бичIчIиялде гъорлъе уна Аварагасда ﷺ цебе цогидаз бицараб ва гьабураб жо ва Аллагьасул хирияв Расул ﷺ тӀад рекъараб, разилъараб жоги. Гьеб кинабго цадахъ босани, гьеб ккола Аварагасул ﷺ суннат.

Суннат ккола Аварагас ﷺ бихьизабураб нух, гьесул ишал, халкъалъе баян гьарурал киналго хӀукмаби ва хӀасилал, иманалда хурхарал рукӀаниги, хьвада-чӀвадиялда хурхарал рукӀаниги, гӀумруялде рахъинаризе тӀадал рукӀаниги, бокьарал рукӀаниги.

Аварагас ﷺ гьукъараблъун (хӀарам) яги бокьичӀеблъун (карагьат) рикӀкӀараб жоялъул гьукъиялда яги бокьичӀолъиялда божи, гьес гьукъараб жоялдаса рикӀкӀад чӀейги ккола Аварагасул ﷺ суннаталда рекъон хьвади.

Къуръаналъги хӀадисалъги чанго нухалъ ахӀулеб буго: «Аварагасда  ﷺ нахърилълъа, Аллагьасул Аварагасе  ﷺ мутӀигӀлъе, щайгурелъул нужее Аллагьасул Расуласда жаниб бугелъул гӀажаибаб мисал», - абун.

ШаргӀиял гӀалимзабаз гьеб рагӀиялъе кьолеб буго цоги батӀияб магӀнаги. Гьеб магӀнаялда хӀалтӀизабула парзгун (тӀадаб иш) цадахъ рехсараб мехалъ. Масала, гьаб гӀамал тӀадаб гуреб (парз), гьабизе рекъараб (суннат) бугин абураб мехалъ. Гьеб мехалда суннат абураб рагӀи, шаргӀалда рекъон ккола, хасаб, кьварараб амру гьечӀеб гӀамал: гьеб тӀубаялъухъ кири букӀуна, амма тӀубазабичӀони тамихӀ букӀунаро. Гьединал гӀамалазде гъорлъе уна, масала, кваналалде «Бисмиллагь» аби, кванан хадуб «АлхӀамду лиллагь» аби ва гь.ц.

Гьеб кинабгоги нилъехъе щвана Аллагьасул Расуласдасан ﷺ. Амма кӀвахӀаллъиялъ кидаго суннат цӀуничӀого толев чи шаргӀалда рекъон нугӀлъун къабул гьавуларо. Суннаталде кӀвар кьечӀого толев чи, масала, щай гьеб цӀунулеб, гьеб гьабичӀони щибго квешаб жо ккезе гьечӀин абун яги суннат инжит гьабиялъул мурадалда гьелда релълъарал цогидал рагIаби абизе жиндиего риччаялдалъун, гьеб мехалъ гьев капурлъиялде ккола. Аллагьас цӀунаги гьелдаса!

 Жиндаса Аллагь разилъаяв имам Гъазалияс хъвалеб буго: «Суннаталъул хӀакъалъулъ, гьелда хадуб хьвадичӀого чӀезе бегьулин абураб жо гурони лъаларел гӀалимзабазул цоявлъун вукӀунге мун. Суннаталда хадуб хьвадиялъухъ гьесие щвезе букӀараб жо, цинги гьез абила: гьанже гьеб даража дуе кьечӀого тезе бегьула», - ян.

Гьединго Аш-ШагӀранияс хъвалеб буго, Алжаналда жаниб щибаб суннаталъе батӀа-батIа чӀараб хасаб даража бугилан. Суннаталда нахъвилълъине, гьеб цIунизе кколаринги рикӀкӀун, гьеб тIубазабичӀев чиясда Алжаналда бихьизабизе бугин (гьев гьениве щвани) суннаталда нахъвилълъиналъухъ гьесие щвезе рес букӀараб даража, цинги гьесда абила: «Гьанже гьеб даража дуе кьечӀого тезе бегьула», - ян.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...