Аслияб гьумералде

Лъабго ракI данделъи

Лъабго ракI данделъи

Гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул заман. Гьелдаса хадуб бачIуна хаселги. Нилъер ракьазда гьеб мех ккола сордо кIудияб, къо гьитIинаблъун. Гьайгьай кIудияб сордо бугони макьуги гIун тIаде рахъине рес буго БетIергьанасе гIибадат гьабизе.

 

Сардилъ гьабулеб гIибадатазул аслияблъун ккола кьижун хадуб тIаде рахъун балеб тагьажудалъул как. Риидал, сордо гьитIинаб заманалда, нилъехъа гьеб борчIизе рес буго. Амма сордо кIудияб мехалъгIаги гьеб бачIого тей нилъееги рекъараб гьечIо.

Тагьажудалъул какалъул хиралъиялъул гIемер хъвана. Кинниги гьелда хурхараб дагьабго жоялъул бицинин.

Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Ханлъиги Аллагьас кьола жиндие бокьарасе, гьединго гьеб кверщел нахъеги босула Жиндие бокьарасухъа», - ян. («Алу-ГIимран», аят 26) Гьаб аяталъе гIемер батIи-батIиял тафсирал руго тIахьазда рицун. «ГIавариф» абураб тIехьалда буго, гьеб аяталдалъун бугеб мурад тагьажудалъул как бугин абун.

Гьеб какилги бищун дагьаб къадар кIиго ракагIат буго. АнцIила кIиго ракагIат бищун цIикIкIараб къадарги ккола. Гьеб тагьажудалъул какилъ АлхIамалда хадуб цIализе хирияблъун бихьизабулеб буго сурату «Ясин». Щайгурелъул лъабго ракI цо бакIалда данделъани мурад хIасуллъичIого букIунарелъул. Щиб гьеб лъабго ракIин гьикъизе бегьула нилъеца. ТIоцебесеб ракI кколеб буго сурату «Ясин». Бичасул Аварагас ﷺ гьелда абуна Къуръаналъул ракI бугин абун. Гьединго сардилъ заманги ккола сордоялъул ракI. Жеги инсанасул ракI-ракIалъ, ихласалда гьабулеб гIамалги лъабабилеб ракI ккола.

АнцIила кIиябго ракагIаталда тIаде бикьун цIалила «Ясин». Гьедин бажаричIони, микьго ракагIаталда тIад бикьила. ТIоцебесеб ракагIаталда «ила ва ажрин карималде» щвезегIан цIалила. КIиабилелда, «ва гьум мугьтадуналде» щвезегIан. Лъабабилелда, «ва жамигIу лладайна мухIзаруналде» щвезегIан. Ункъабилелда, «ва куллун фи фалакин ясбахIуналде» щвезегIан. Щуабилелда, «ва ла ила агьлигьим яржигIуналде» щвезегIан. Анлъабилелда, «сиратIин мустакъималде» щвезегIан. Анкьабилелда, «фагьум лагьа маликуналде» щвезегIан. Микьабилелда, ахиралде щвезегIанги цIалила.

Гьелдаса хадуб тIаде жеги ракагIатал разе ракIалде ккани, суратул «Ихлас» цIалила. Щибаб ракагIаталда лъаб-лъаб нухалъ цIалилинги буго. Амма киназдаго гурелъул сурату «Ясин» ракIалдасан лъалеб, лъаларез киналго ракагIатазда суратул «Ихлас» цIалила.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...