Аслияб гьумералде

ВарагIалъе шартIал

ВарагIалъе шартIал

ВарагIалъе шартIал

ХIурматияб диналъул агьлу, казият цIалулел! Диналда жаниб буго «варагI» абун машгьураб рагIи. Гьелда сверун кIалъай гьабизе ракIалда буго гьаб макъалаялда. Щайгурелъул варагIалдалъун ратIарахъи гьабулелъул муъминзабазда гьоркьобги. Щибха кколеб варагI? Гьеб ккола хIарамалде ккеялда хIинкъун, хIалалаб рехун тей.

 

Бичасул Аварагас ﷺ Абугьурайратиде хитIаб гьабун абун буго: «Мун вукIа варагI бугевлъун, гьедин вугони гIадамазда гьоркьов бищунго гIибадат цIикIкIаравлъун вукIина», - ян. ХIасанул Басрияс абун буго, варагIгун цадахъ гьабураб цо мискъала заррагIанасеб гIибадат хирияб буго азарго как-кIалалъул мискъалалдасагиян.

Гьаб заман буго цIакъ хIабургъараб, хIалал-хIарам халкъалъ батIа гьабулареб мех. Гьединаб заманалда варагI цIуни цIакъго къанагIатаб ва захIматаб жо ккола. Цоги букIунеб жо буго, варагI кколел ругин абун чIолелги камуларо. Гьеб иш жидерго хасал мурадазде щвеялъе хIалтIизабулелги рукIуна. Гьединлъидал чара гьечIого лъазе ккола варагIалъул хIакъикъат.

Сайфуллагь-къадияс «Канзул магIариф» абураб тIехьалда хъван буго: «Аллагь лъаялде рахарал цо-цо гIалимзабаз абуна, варагI тIубаларо анцIго жо паризаяблъун бихьулеб гьечIони.

  1. Гъибаталдаса мацI цIуни. 2. Махсарабаздаса рикIкIалъи. 3. ГIадамаздехун квешаб пикруялдаса нахъе къай. 4. ХIарамалдаса бер цIуни. 5. БитIараб бицин. 6. Аллагьас кьурал нигIматал лъай, жиндирго напсалдаса гIужбу ине букIине. 7. Жиндир боцIи лъикIаб рахъалде харж гьаби, хIарамалде гьабичIого. 8. Жиндирго напсалъе тIадегIанлъи ва чIухIи тIалаб гьабунгутIи. 9. Каказда тIадчIей гьаби, хасго какал жамагIаталда раялде кIвар кьей. 10. Суннаталда ва жамагIаталда тIадчIей гьаби.

РачIаха пикру гьабизе. Гьал рехсарал рахъалги цIуничIого варагI бугин гаргадани гьев чи витIаравлъун вукIунев гьечIо. Гъибат-бугьтаналдаса мацIги цIуничIони, кидаго махсарабаздаги вугони, варагI кида кквелеб гьес? Жинда сверухъ вугевщинав чи квешавлъунги рикIкIун, дунялалда кколебщиналъе гьел гIайибияллъунги гьарун цIунулеб варагI щиб? ЦIогьорасул кинниги хIарамабщиналъуре берал терхелел ругони, цо битIараб калам мацIалдаги гьечIони, гьабулеб варагIалда цIар щиб кколеб? Жиндихъ бугебщинаб жо, боцIи букIа, гьунар бугониги жиндирго бугеблъун бихьун, Аллагьасул нигIмат букIиналдеги кантIичIого, гIужбуялда вугониги, варагI букIинищ? Щвараб магIишат кибехун хIалтIизабулебали лъалеб гьечIого гьабураб жоги варагIищ кколеб? Ракьалда чIухIун хьвадун, гIадамал тIутIаллъун рихьулелги рукIаго варагIалда дагIба бан данде ккеладай? Гьединго, цогидал шартIалги тIурачIого варагI абун чIеялъул пайда кинаб букIунеб?

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...