Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъ варидал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъ варидал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна: – Дуца дунял рехун те – мун Аллагьасе вокьила. ГIадамазда кодоб бугеб жоялдаса инкар гьабуни – гьезие мун вокьила.

– Нужерго хIажатазе квербакъи тIалаб гьабе – гьеб балъго гьабиялдалъун. НигIмат жиндие щваравщинав жиндехун цогидаз хIасад гьабулев вуго.

– Щибаб махщалие гьелъул агьлуялдаса кумек тIалаб гьабе.

– Дурго ракIалда цIехе, гIадамаз дуда кин малъаниги, кигIан гьез малъаниги.

– Мун мутIигIлъе – дуеги мутIигIлъила.

– Дуца бигьалъи гьабе – дуеги гьединго гьабила.

– Дир асхIабзаби цIвабзазда релълъун руго, гьезул кинасда хадур рилълъаниги нуж ритIун ккела.

– ГIакъуба бищунго хехго щолеб жо буго цогидазда тIад зулму гьаби.

– Дур бищунго кIудияб тушман кIиябго хьибилалда гьоркьоб бугеб напс буго.

– ГIадамазул бищунго мунагь цIикIкIарал ккола – мекъаб жоялде гьоркьоре лъугьин гIемерал.

– ГIадамазул бищунго мунагь цIикIкIараб жо ккола – гьересияб мацI.

– Бищунго кIудияб беццлъи ккола жинда битIараб нух батун хадув гьелдаса къосин.

– ЦохIо БетIергьанасе гIоло гьабе кинабго, цогидал рахъаз гIей гьабила.

– Бищунго гIамалазул хирияб ккола – бусурбанчиясе дуца бачIинабураб рохел.

– ГIамалазул бищунго хирияб ккола – Аллагь лъаялъул гIелму.

– Бищун кIудияб жигьад – дурго нафсалде данде гьабулеб ккола.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....