Аслияб гьумералде

Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.

 

ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян.

ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав чи Бадругин ХIунайниялъул рагъулъе вачIарав гIадав чи вуго», - абун.

ГIалица абуна: «Мавлид жинца кIодо гьабурав, мавлид цIалиялъе сабаблъун вукIарав чи иманалда гурони холаро, хIисаб гьабичIого Алжаналъуве ина», - абун.

ХIасан Басрияс абуна: «УхIуд мегIергIанасеб месед бугебани гьеб дица мавлид цIализе кьелаан», - абун.

Жунайдил Багъдадияс абуна: «Мавлид кIодо гьабун щив чи вугониги, иманалда кверщел батана гьев чиясул», - абун.

МагIрупул Курхияс абуна: «Мавлид кIодо гьабиялъе тIагIам къачIан, гIадамалги данде гьарун, чирахъги бакун, цIияб ретIелги ретIун, гьуинаб махIги гьабун щив чи вугониги, Аллагьас ﷻ гьев чи аварагзабигун вахъинеги гьавила, ГIилийюналъулъ бищун тIадегIанги гьавила», - абун.

Пахрудин Разияс абуна: «ЦIамудениги, ролъудениги, цоги батIияб кунеб жоялдениги мавлид цIалани, гьеб жинде цIалараб жоялдаги, гьеб гъорлъ жубараб жоялдаги баракат лъела, гьеб кванарасул мунагьалги рахчила. Мавлид жинде цIалараб лъим гьекъани, гьесул рекIелъе рахIмат-нур лъугьина, азарго унти ина, ракIал холеб къоялъ гьеб ракI хвезеги холаро. ГIарцудениги меседалдениги мавлид цIалун гьеб цогидалде гъорлъе жубани, гьелда баракат лъела, гьелъул бетIергьан пакъирлъиларо, гьесда кодоса гIарац лъугIиларо», - ян.

ИманшапигIица абуна: «Мавлидалде жинца гIадамалги данде гьарурав, гьезие тIагIамги къачIарав, мавлид ахIизе бакIги гIуцIарав, жинца лъикIлъиги гьабурав, мавлид цIалиялъе жив сабаблъунги карав чи Къиямасеб къоялъ Аллагьас ﷻ вахъинавула сидикъиналгун, шугьадаалгун, салихIиналгун цадахъ, жанату-нагIималда жанивги вукIина», - абун.

Сарию СакъатIияс абуна: «Мавлид цIалулеб бакIалде жинца къасд гьабурав чи Алжаналъул майданалде жинца къасд гьабурав чи вуго», - абун.

Жамалудин СуютIияс абуна: «Рокъобниги, мажгиталъубниги, авалалданиги мавлид цIалани, гьеб бакIалда малаикзабиги рещтIина, гьеб балеб бакIалъул агьлуялъе свалатги битIила. Аллагьас ﷻ гьезде жиндир рахIмат-ризван щвезеги гьабила», - абун.

ГIуламаазул БагIазаца абуна: «Мавлид ахIараб рукъалда сверун лъагIалица рукIуна малаикзаби мавлид ахIарав чиясе свалат битIулел. Жибрилас, МикагIилас, Ирапилас, ГIизраилас мавлид ахIараб рукъалъул агьлуялдаса борхула Аллагьасул ﷻ бакъул бухIи, вабаъ унти, цIа рекIин, гIанкъи, балагьал, ццим, хIасад, бер ккей, цIогь, хвараб мехалъ Мункар-Накирасе жавабги гьабила», - абун.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...