Аслияб гьумералде

Аварагасул магIишат

Аварагасул  магIишат

ХIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел. Гьаб заманалда, хасго кIиго чи данделъараб бакIалда, щивас бицуна жиндирго ругел къварилъабазул, ургъалабазул, захIмалъабазул. ГьабсагIаталда чара гьечIого хIажатал жал гIемер рукIун, гьел тIуразе гIарац гIоларого ругин букIуна гIемерисезул гIарз.

Гьебги, кIудияб, жинда жанир киналго санагIатал ругеб рукъги тун, гIорцIизегIан кваназе жоги нахъе букIаго, кинаб ретIилебали лъалареб хIалалда цоялдаса цояб лъикIаб парталалъул шкафги цIун, азабаралъуб рекIине машинги букIагойин гIарзал раккулел. Гьаб бакIалда дагьабго хIухьбахъиги гьабун, рачIа тIадруссинин Бичасул аварагасул заманалде. Балагьизин кинаб магIишаталъул хважаин гьев вукIаравали. Симак бин ХIарбидасан бицана, гьес абунин НугIман бин Баширица абулеб рагIанин: «Нуж гьечIищ бокьараб кванан ва гьекъон? Дида нужер авараг вихьана чехь цIезегIан кваназе чамасдак гьечIого», - ян.

Жиндаса Аллагь разилъай ГIаишатица абуна: «Ниж, ай МухIаммад аварагасул рукъалъул агьлу тIубараб моцIалъги рокъоб цIа бакичIого рукIунаан, лъимги чамасдакги кванан», - ян.

Гьебго хIадисалъул Бухари ва Муслимил риваяталда буго: «Жиндаса Аллагь разилъай ГIаишатица ГIурватида абуна:

- Ва, дир яцалъул вас, нижеда цIияб моцI бихьулаан, жеги бихьулаан ва цоги нухалъги бихьулаан, кIиго моцIида жаниб лъабго нухалда Бичасул аварагасул рукъзабахъ цIаги бакичIого. Цинги гьес гьикъана:

- Я, дир ада, нужеца гIумру кинха гьабулеб букIараб, - ян.

- Чамасдакги кванан, лъимги гьекъон. Аварагасул рукIана ансаразул мадугьалзаби, гьез аварагасе сайгъаталъе битIун бачIунаан рахь, гьебги гьекъолаан», - ян.

Абу ТIалхIатидасан бицунеб буго, жидеца Бичасул аварагасде гIарз бахъанила ракъун ругин абун. Гордеги борхун чахьалда бухьараб цо-цо гамачIги бихьизабуна нижеца гьесда. Цинги аварагас борхана жиндирго горде ва гьениб бугоан кIиго гамачI бухьун», - ян. Жиндаса Аллагь разилъай ГIаишатица бицараб цоги хIадисалда буго:

«МухIаммад аварагасул агьлу кIиго къоялъ цоцада хадуб пурчIинадул чед кванан гIорцIичIо», - ян.

Балагьеха гьанже нилъерго магIишатяшавалдеги. Гьадин гIорцIун ругел нилъ ццулъичIого, ракIал риццалъичIого кин рукIинел? Пикру гьабе нилъерго ругел гIарзазде. РачIа нилъ Аллагьас кьуралъе шукру гьабунгIаги рукIинин, гIемер зигардилел рукIинчIого.

Аллагьас кумек гьабеги!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...