Аслияб гьумералде

Баркала тохтурзабазе

Баркала тохтурзабазе

Баркала тохтурзабазе

ХIурматиял бусурбаби, церегIанго къоязда Дагъистаналда ккараб вахIшияб лъугьа-бахъиналъ пашман гьавичIев чи нилъеда гьоркьов щиб гурин, гьеб рагIаралщинал дунялалдаго ругезда гьоркьовги цониги хутIун ватиларо. Бищунго рекIеда къараб жо буго гьениб къварилъи ккаразе кумекалъе арал гIолохъаби къурбанлъун ккун рукIин. БукIаралъуб кинабгоги рехун тун, цогидазул гIумру хвасар гьабизе гIедегIулаго хвалил лълъар гьекъарал гIолохъаби гIемер руго гьезда гьоркьор. Гьеле гьел руго унго-унгоял бахIарзал. Гьединал мисалаз нилъер дагъистанияз дунялалъулго халкъ хIайранги гьабун буго.

 

Гьайгьай нахъе къан чIечIо цогидал гIадамалги. Гьеб къварилъиялде гъорлъе ккаразе кумекалъе рортана тIолго Дагъистаналъул бусурбаби. Жидер рес кинаб рахъалдаса батаниги, сундухъго балагьичIого гьабуна кумек. Гьаб бакIалда хас гьабун рехсезе бокьун буго Дагъистаналъул тохтурзабазул ияхIги, намусги, ккаралъур гьел ратиги. ЦIа ккеялдалъун гьел гIадамазе зарал ккараб сордоялъ нилъер тохтурзаби кьижичIин абизе бегьула. Сордо бадиб рогьин гьезда халлъичIо гIадамазда бугеб къварилъи бихьун, гьезие кумек гьабулел рукIун.

Рокъо-рокъор хIалхьиялда рукIарал тохтурзаби гIедегIана къварилъи ккаразе кумекалъе. Рес бугеб, хIатта гьечIебги гьабуна гIадамазул гIумру ва сахлъи щула гьабиялъе. Нилъ ругьунлъун руго тохтурзаби какизе, ришваталъухъ балагьун гьел рукIунин абун гаргадизе. Умумузул аби буго, гьацIулъ хIеги, хIанилъ расги камуларин абун. Гьезда гьоркьовеги цо-цо гьединав тохав чи кканиги, гIамм гьабун тохтурзабазе квешаб къимат кьеялда рази гьечIо. ГIурусазулги буго гIага-шагарго гьадинаб магIнаялъул аби, хIалихьат камун хъизан букIунарин абураб. Гьединлъидал цо-цо гьединазе гIоло тохтурзабазул хIалтIи чорок гьаби рекъараб гьечIеблъи нилъеда бихьана гьеб сордоялъги гьелда хадусел къоязги.

Гьелъие нугIлъи гьабула, пачалихъиял гурел больницабазги жал хIадур ругин гьениб сахлъиялъе къварилъи ккаразе чIобого кумек гьабизеян лъазабиялъ. ЦIакъго гIемер халлъана, жалго тохтурзабаз жидерго соцсетазда ругел гьурмазда лъазаби кьун букIана бокьараб заманалда жал ахIейин кумекалъе, жал хIадур ругин абун.

Цоги гьелъие нугIлъи гьабула 2020 соналъ дунялалдаго тIад тIибитIун букIараб короновирус унтиялъул заманалда тохтурзабаз бихьизабураб бахIарчилъиги. Цогидал гIадамазул гIумру хвасар гьабулаго анцI-анцI тохтурас жиндирго гIазизаб гIумру кьечIищ? Гьеб нилъеда кIочене бегьилищ? Дагъистаналъул муфтияталъ гьезул цIар кIодо гьабун, кидаго гьел ракIалдещвеялъе ГIиса аварагасул цIаралда бугеб РухIияб централдаса ралъдал рагIалде бугеб аллеялъе кьуна гIадамазул гIумру хвасар гьабулаго жалго къурбанлъун гьарурал тохтурзабазул цIар. Хьул буго гьеб аллеялда хIухьбахъи гьабулез адабалда рехселин гьел тохтурзабазул цIар ва лъикIаб дугIа гьабилин гьезие.

Аллагьас лъикIалдалъун жаза гьабеги тохтурзабазе, гIадамазе гьабураб щибаб кумек рикIкIун. Амин я Аллагь!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...