Аслияб гьумералде

Тасаввуф - цересел гIалимзабазул цIадирабазда

Тасаввуф - цересел гIалимзабазул цIадирабазда

Исламалъул машгьурал имамзабазул яги гIалимзабазул цонигияс суфизмалда кигIан дагьабниги гIайиб чIвачIо. Ункъабго мазгьабалъул имамзабазги гьезда нахърилълъарал гIалимзабазги, тафсиралъул, хIадисалъул гIалимзабазги тасаввуф рикIкIана исламалъул рухIлъун ва ракIлъун.

 

– СагIид ХIаваца «Жундуллагь» абураб тIехьалда хъван буго Абу-ХIанифа имам вукIунаанила ГIабдуллагь бину Мубарак, Фузайл бину ГIияз, Давуду ТIаи гIадал суфизабазул горсверуда.

– Имам Маликица абуна: «ШаригIаталъул гIелмуги тIалаб гьабун тасаввуф тIалаб гьабичIел чагIи пасикълъула», - ян.

– Жинда Аллагь разилъаяв имам ШафигIияс абуна: «Дие дунялалдаса лъабго жо бокьана: ххвалие жо гьабичIого чIей, хIеренаб тIабигIаталдалъун халкъалъулгун гьудуллъи гьаби, тасаввуфалъул агьлуялъул нухда нахъвилълъин».

– Имам АхIмадица абуна: «Суфизабаздаса хириял гIадамал дида лъаларо», - ян.

– ГIиззубну ГIабдуссалам: «Суфизаби гIодорчIун руго (гьезул нух бараб буго) шаригIаталъул щулиял кьучIчIазда, жал дунялалдаги ахираталдаги риххуларел, цогидал абуни гIодорчIун руго шаригIаталъул рагIдукь».

– Ибну Халдун: «Тасаввуфалъул гIелму исламалда жаниб загьирлъараб гIелму ккола. Гьеб гIелму асхIабзабазулъги салафуназулъги – киса-кибего тIибитIун букIана».

– Имам Гъазали: «Суфизабазул нух – бищун битIараб нух буго, гьезул хасияталги – бищун роцIцIарал хасиятал ккола, гIакъилзабазул кинабго гIакълуги, хIакимзабазул кинабго хIикматги, шаригIаталъул балъголъаби лъалел гIалимзабазул гIелмуги – кинабго данде гьабуни, суфизабазул нухалдаса лъикIаб нух гьезда батизе гьечIо, суфизабазул (хIакъикъиял) кинабго жо босараб бугелъул авараглъиялъул гордухъан баккараб нуралдаса».

– Ас-сайид МухIаммад ал-ГIалави ал-Малики: «Суфизм, цогидал исламиял гIелмабиго гIадин, цIар хадуб баккараб, амма жиндир магIнаги хIакъикъатги МухIаммад аварагасулги ﷺ гьесул асхIабзабазулги заманалда букIараб исламалъул нух буго. МухIаммад аварагги ﷺ гьесул асхIабзабиги суфизмалъул бищун тIадегIанаб даражаялда рукIана».

МухIаммад СагIид Рамазан ал-БутIи: «РакIалъул хIалал лъикIлъизарулел нухал хIалтIизаризе тIадаб букIиналда тIолго бусурбаби тIадрекъана. Гьел нухал хIалтIизариялда цIикIкIарасел гIалимзабаз тасаввуфилан абула, цо-цояз ихIсанилан абула, цо-цояз сулукилан абула».

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...