Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

- Лъабго пиша буго, гьел жиндилъ ругесда иманалъул гьуинлъи лъалеб:

1. Аллагьги гьесул Расулги гьел гурелщиназдаса рокьи.

2. Цониги вокьулев чи тIокIаб мурад гьечIого Аллагьасе гIоло вокьи.

3. Аллагьас хвасар гьавун хадуб (битIараб нухде вачиндал) куфруялде тIадвуссин рихин.

- Лъабго жо буго жинца хвасар гьарулеб:

ТIасанги жанисанги Аллагьасукьа хIинкъи.

Разилъидалги ццим бахъиндалги гIадилав вукIин.

Бечелъидалги мискинго вугеб мехалдаги гьоркьохъеб хIал цIуни.

- Лъабго жо буго жинца гьалаг гьарулеб:

Черхалъул гьаваялда нахъвилълъин.

Жив мутIигIаб къарумлъи.

Жиндирго напс гIажаибго ва берцин бихьи.

- Рукъ балагьилалде цеве мадугьал валагье, нухда вахъиналде цеве гьалмагъги валагье.

- Данделъи рахIмат буго, рикь-рикьи гIазаб буго.

- Мун дандчIвазе вугеб жо хъваялдаса къалам бакъван буго.

- Алжан - улбузул хIатIакь буго.

- Алжан - хучдузул рагIдукь буго.

- Дунял бокьи - кинабго квешлъиялъул бетIер буго.

- Аллагьасе гIоло бугеб рокьи ва Гьесиего гIоло бугеб ццим бахъин бищунго хириял гIамалаздасан буго.

- Дуе цониги жо бокьиялъ бецц ва гIинкъ гьарула.

- Рагъ – гьеб гукки буго.

- Къимат боцIудалъун буго, хIикмат Аллагьасукьа хIинкъиялдалъун буго

- Алжан сверун ккун буго бокьуларебщинаб жоялъ. ЖужахI сверун ккун буго чорхое рахIат бугебщиналъ. ХIикмат буго муъминчиясул билараб жо.

- ХIалалаб баянаб буго ва хIарамабги баянаб буго.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...