Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гIемерал рагIаби

Калам къокъал, магIна гIемерал рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна: – Дие кьун буго калам дагьаб, магIна гъваридаб калам. – Дуда лъалеб жоялъулъ мун Аллагьасукьа хIинкъа. – Мун Аллагьасукьа хIинкъа дуе захIмат букIаго ва бигьа букIаго. – Мун цIуне щаклъи ккезе рес бугел бакIаздаса.

– Нужер бищун гIакълу камилав – бищунго Аллагьасукьа хIинкъарав вуго.

– Нуж рикIкIалъе мехтелалдаса, гьеб буго кинабго квешлъиялъул кIул.

– ГIамалалъухъ кири – бихьараб гIакъубаялда рекъон букIуна.

– Нужеца дунял тIалаб гьаби берцин гьабе! Жив жиндие вижараб жо щивасе бигьа гьабун буго.

– ИхIсан ккола – дуца Аллагьасе Гьев вихьулев вугевгIадин гIибадат гьаби, дуда Гьев вихьулев ватичIони, Гьесда мун вихьулелъул.

– Дир умматалъул хилиплъи – рахIмат буго.

– Дурго мацI цIуне лъикIаб абиялдаса хутIизегIан.

– Дуца гIамал ихласалда гьабе – дуе гьеб дагьабги гIела.

– Аманат тIобитIе дуда божи гьабурасухъе, дуе хиянат гьабурасе хиянатги гьабуге.

– Дида БетIергьанас адаб малъана, гьеб манлъиги берцин гьабуна.

– Аллагьасе бокьидал жиндир лагъасе лъикIлъи гьабизе, гьесие диналъулъ бичIчIи, дунялалъулъ зугьд кьола ва жиндирго гIайибазде кантIизеги гьавула.

– Дуца квешлъи гьабидал гьелда хадуб лъикIлъи гьабе.

– Мун нечолев гьечIони, дуего бокьараб гьабе.

– Аллагьасул къадар тIаде щведал бер бецц гьабула.

– Нуж гурхIа – нужедаги гурхIила.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...