Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ калам

Аварагасул ﷺ калам

Аварагасул ﷺ калам

Аварагасул ﷺ кIалъай букIана цIакъ гьуинаб. Хабарги гьабулаан бищун берцинал рагIабаздалъун. ГIаишатица бицана: «НужгIадин хех кIалъалевлъун вукIинчIо авараг ﷺ. Гьев кIалъалаан бичIчIулеб, баянаб каламалдалъун, щибаб рагIи батIа-батIа гьабун. Гьесул калам щивасда ракIалдаги чIолаан», - ян.

Абула аварагасул ﷺ кIалъай щибаб хIарп баянаб, бичIчIулеблъун букIанинги.

Авараг ﷺ кIалъалеб мехалда, рагIаби лъабго нухалда такрар гьарулаан. ГIадамазде тIаде вачIиндал, лъабго нухалда саламги кьолаан.

ХIанафияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Мулла-ГIали Къарияс баян гьабун буго аварагас ﷺ лъабго нухалда щай такрар гьабулеб букIарабали. Гьелъие гIилла букIана Аварагас ﷺ бицунеб жо гьоркьоб биччачIого букIинелъун. Яги вукIине рес буго ракIалда жо чIоларев чи, гьесиеги баян гьабизелъун. Ялъуни суал захIматаб батула баян кьезе кколеб, гьелъие гIоло чанго нухалда такрар гьабулаан. ГIадамазеги лъабго нухалда салам кьолаан, гьезда тIоцебесеб нухалда рагIулеб батичIони.

ГIенеккарав чиясда аварагасул ﷺ калам рикIкIинецин бажарулаан. Гьединго авараг ﷺ вукIана хIажатаб бакIалда гурони калам гьабуларевлъун. Берцинго хабар бицунарев чиги аварагас ﷺ кIантIизавулаан. Гьесда квеш бихьуларедухъ абулаан.

Аварагасул ﷺ калам къокъаб ва бацIцIадаб букIана. Амма гьесул рагIабазул магIна букIана гъваридаб. Аварагасул калам назмугIадин чваххун бачIунаан. Щибаб гали бахъанщинахъе ТIадегIанав Аллагьги ﷻ рехсолаан.

ХIасан бин ГIалица гьикъула эбелалъул вацасда аварагасул ﷺ сипат кинаб букIарабилан. Гьес абула авараг ﷺ пашманавлъун вукIанин, кидаго пикрабазда вукIунаанин ва кIалъалелъул Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун байбихьулаанин, гьединго, лъугIизеги гьабулаанин абун. ГIемерисеб мехалда авараг ﷺ гьимулаан. КигIан гьитIинаб лъикIлъи бихьаниги, гьеб беццулаан. Цониги квен какулароан. Жиндирго напсалъе гIоло ццидахунароан, кидаго гIадамазда тIаса лъугьунаан жиндиего гьабураб квешлъиялъухъ. ГIицIго мекъаб жо гьабулеб бихьани, Аллагьасе ﷻ гIололъун ццимги бахъунаан.

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...