Аслияб гьумералде

Сахлъизе ккани, дару къваригIуна

Сахлъизе ккани, дару къваригIуна

ГIалимзабаз абула рияъ кIудияб мунагь ва рекIел унти кколин. Гьеб лъазе захIмалъула къаси бецIаб сардилъ унеб чIегIераб цIунцIраялдасаги. Сах гьабизе жеги захIмалъула. ГIумар ибн ХатIабица абуна: «Жиндир рекIелъ гьечIеб жо гIадамазе загьир гьабулев чияс нифакъалда тIаде нифакъ загьир гьабуна», - ян. Щайгурелъул, гIадамазда цеве лъикIавлъун вихьизе гьечIеб жо хIалев вукIиналъ. Гьединго гьесго абуна: «ГIадамазда цебе гьечIеб жо хIалев чи Аллагьас ﷻ гIодовегIан гьавуна», - ян.

 

 

ГIали-асхIабас абуна рихьдае жо гьабулев чиясул лъабго гIаламат бугин: «Живго вугев мехалъ кIвахIаллъула, гIадамазда гьоркьове ккедал тирха-кIичула, веццидал - гIемерал гIамалал гьарула, какидал - дагьал гьарула», - ян.

ГIабдулкъадир Жиланияс абуна: «Рияъ лъаларо рацIцIалъарал гIадамазда гурони. Рияъ, гIужбу ва нифакъ шайтIаналъул чIорбутI ккола, жинцаги гIадамазул рекIелъе рехулеб», - ян.

ГIабдуллагь ибну Мубаракица абуна: «Зугьдалъул бищун лъикIаб ккола зугьд бахчи», - ян.

Ибрагьим ибну Адгьамица абуна: «Аллагьас ﷻ ритIухъ гьавичIо машгьурлъи бокьарав чи».

ХIарису МухIасабияс абуна: «Рияъ ккола гудразул бищун балъгояб».

ЖагIфар ибну МухIаммадица абуна: «Рияъалдаги ихласалдаги гьоркьоб бугеб батIалъи ккола, масала, рияъчияс гIадамазда бихьизе гIамал гьабула, амма ихлас бугев чияс Аллагьасдасан гIамалалъул кири щвезелъун гьабула», - ян.

Гьединго нилъеда лъазе ккола нияталда гIемераб жо бараб букIин. Нилъ ният бацIцIад гьабиялда ва гьеб къачIаялда тIад хIалтIизе ккола. РекIел унтабаздаса цIакъ къанагIатав чиясда гурони вацIцIалъизеги кIоларо. Гьединал гIадамалги цIакъ дагьал гурони рукIунаро. Гьелъин гIалимзабаз абулеб, хIакъикъияв шайих кквезе тIалъулин. Гьесул тарбиялда гъоркь хIаракат бахъула рекIел унтабаздаса вацIцIалъизе. Бачина цо мисал. Бокьараб даруги босун нилъеда лъаларо дару гьабизе. Гьабуни, гьалаг гьаризе рес буго. Гьелъин нилъее къваригIунев махщел бугев тохтур. Гьезда гьоркьовги вукIуна ххвел гьабулев тохтур. Гьединго рукIуна шайихлъи хIалелги. Гьединлъидал Къуръан-хIадисалдаса нафс бацIцIад гьабулеб дару хIалтIизабизе нилъеда лъаларо. Щайин абуни, нилъер жагьиллъиялъ. Гьеб лъала нафс квегъун, гьеб бацIцIад гьабурав хIакъикъияв устарасда. Гьединав устарас, унтиялда рекъон, рекъараб дару балагьула.

Унтарав чияс, сахлъизе ккани, хIаракат бахъизе ккеларищ? Тохтурас дару хъванин абун гьев чи сахлъуларелъул, гьес малъараб гьабичIони. Гьединго шайихас малъараб жо гьабуни, гьесул ракIги бацIцIалъула.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...