Аслияб гьумералде

Бищун гурхiулев

Бищун гурхiулев

ХIалимлъи ва гIамал берцинлъи буго инсанасул къимат бахинабулеб гIамал. Гьеб буго кинабго заманалъ ва киналго гIадамазул культураялъулъ бищун тIадегIанаб сипатазул цоябги. Гьелъул хIакъалъулъ аварагас r абун буго: «Щиб бугониги гьабулеб жоялъулъ хIеренлъи загьирлъани, гьелъ гьеб берцин гьабула, гьеб тIагIарабго чIегIераблъун лъугьуна», - ян (Муслим).

ХIилму, сахаватлъи, гIадамаздехун хIал рекъезаби гIадал сипатазул хал гьабуни, гьел жиндилъ ругезул бищун лъикIав вукIана МухIаммад авараг . Гьесул сипатазул бищун аслиябин абуни букIана хIелмугун хIеренлъи. «Васаилул вусул ила шамаили аррасул» абураб тIехьалда хъвалеб буго авараг вукIанин гIадамазул бищун хIеренав. РецIел босизе кIолевлъун вугониги гIадамазулъ гьев вукIана гIафву гьабун теялде гьезул бищун хьул лъолевин абун.

Имам Нававияс хъвалеб буго: «Аллагьас гьесулъ данде гьаруна киналниги камилал ахлакъал, берцинал хасиятал, цере рукIаразулги хадур рачIине ругезулги гIелмуги кьуна, гьесда нахъвилъарасе бугеб жоги хвасарлъи ва лъикIалда кверщел батиги буго, гьев вукIана хъвазе цIализе лъаларев умиявги, гIадамазул жинда малъулев чиги гьечIев. Жеги Аллагьас гьев киназдасаго хира гьавун тIасаги вищана. Дунялалъул хазинабазда кверщел гьаби кьуниги жинца ахиратги тIаса бищана.

Живги вукIана Аллагьас Къуръаналда сипат гьабурав кинниги (магIна): «Нужехъе нужедаго гьоркьоса Аллагьасул расул вачӀун вуго, я гӀарабиял! (Жиндир къадру кӀудияв, жинца нужехъе Аллагьасул рисалат щвезабулев). Нужее захIмалъи, къварилъи букIунеб жо жинда цIакъ рихунев, гьеб жиндие бокьуларев. Нуж хӀакъаб нухда тӀоритIизе жиндие цIакъ бокьун бугев ва гьелъие яхӀги бахъулев. Аллагьасда иман лъурал ва жинда нахърилъарал муъминзабазда жив цIакъ гурхIулев, гьезие лъикIлъи букIине бокьулев», - ян (сурату «ат-Тавбат» 128 аят).

Аварагасул хIеренлъиялъул хIакъалъулъги ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна): «Аллагьас дур чорхолъ лъураб гурхIел-рахIмуяб тIабигIаталдалъун мун асхIабзабаздехун тамахлъана Мухаммад (Дур амруялда хилиплъи гьабуниги дуца гьезда квешаб рагIиги абичӀо, рихунеб жоги бицинчӀо). Мун вукIаравани ракI согIав, ццин хехав чи, дуда аскӀоса асхIабзаби лъутун инаан ва мунги цо хутӀилаан…», - ин (сура «алу-ГIимран», 159 аят).

Аварагасул хIелму, сабру гIафвуялъе гIела УхIудалъул гъазаваталда мушрикуназ речIчIараб гамачIалъ гьесул бетIералдаса би бачIараб ва ца бекараб мехалъ Аллагьасул расулас гьезие дугIа гьабун абураб: «Я Аллагь ! Дуца дир къавм тIаса лъугьун те, гьел хIакъикъат лъалареллъун руго», - ян (Бухари). Хал гьабе гьал рагIабазул хиралъиялъухъ ва тIадегIанлъиялъухъ! Гьезие квешаб дугIа гьабизе рес бугониги, «гьел хIакъикъат лъалареллъун ругоянги» абун, тIаса лъугьун, лъикIаб дугIа гьабуна. Аллагьас насиб гьабеги щивасе гурхIелгун рахIму.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...