Аслияб гьумералде

Рокьи цIикIкIинабулеб

Рокьи цIикIкIинабулеб

Салам ккола, аварагас ﷺ хIадисалда абухъе, нилъеда гьоркьоб рокьи цIикIкIинабулеб жо. Салам кьей ккола хирияв аварагасул ﷺ кIудиял суннатазул цояб. Салам кьеялъ гьуинлъи цIикIкIинабула, вацлъи щулалъизабула. Салам ккола дугIаги.

Дунял-ахираталъул квешлъабаздаса, балагьаздаса, гIунгутIабаздаса, мунагьаздаса Аллагьас ﷻ мун цIунун тагиян абураб магIна ккола гьелъул.

Салам кьезе суннатаб буго, буссинабизе паризаяб буго. Салам кьун хадуб цояз гьеб буссинабичIони, гьезда аскIоса тIуреян абун буго, нагагь Аллагьас ﷻ гьезде тIаде балагь биччани, дудего щвечIого букIине.

РекIарас лъелго унесе, вилълъун унес чIун вугесе, вахъун чIарас гIодов чIарасе салам кьезе рекъараб буго.

Къуръан цIалулев, какичурулев чиясе салам кьезе рекъараб гьечIо, кьуни, буссинабизе ккола. Гьединго хутIба цIалулев, хIажат тIубалев чиясеги салам кьеларо. РатIалъун дагьабго заман иналде цIидасан дандчIвани, гьеб мехалъги салам кьела.

Рокъове лъугьуневщинахъе рукъалъул агьлуялъе салам кьуни, гьеб рукъалъул баракат тIаса унарилан хIадис буго.

Рокъов чи ватичIони «Ассаламу ГIалайна ва гIала гIибади ллагьи ссалихIин» абила.

«Ассаламу гIалайкумалъул» - анцIго, «Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьалъул» - къого, «Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьуялъул» лъеберго кири хъвала.

Къавмалдаса цояс кьуни ва цояс буссинабуни гIола, киназго кьезе ва киназго буссинабизе рекъараб бугониги.

ЧIахIияз гIисиназе салам кьезе суннатаб буго. Салам кьезе лъималги ругьун гьаризе ккола. Рокъор ругел эбел-инсуца, вац-яцаз цоцазе салам кьезеги суннатаб буго.

Херай чIужугIаданалъе, руччабазул къокъаялъе салам кьезе бегьула, квешал хивалазде, хIарамаб балагьиялде рачунел гьечIони.

Саламги рагIуледухъ кьезе ва рагIуледухъ буссинабизе ккола. РагIуледухъ буссинабизе тIадаб буго. Саламги кьун хехго цояв аскIоса ани, гьесда хадув векерун, гьесда рагIуледухъ салам буссинабизе тIадаб буго.

Кверал рачиналъ гъотIол тамах киниги, тIаса мунагьал гъенезарула.

Чияр бихьиназги руччабазги цоцазул кверал рачине хIарамаб буго. Изну тIалаб гьабичIого чияр рокъовеги лъугьинаро. Нахъвуссаян абуни, барщичIого нахъги вуссина. Боголидаса хадуб чияр рокъовеги инаро, телефоналъги ахIиларо, гьеб гIадамал регулеб гIуж кколелъул.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...