Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ такъия ва чалма

Аварагасул ﷺ такъия ва чалма

Аварагасул ﷺ такъия ва чалма

Аллагьасул Расулас ботIрода лъолаан хъахIаб такъия. Такъиялда тIасан чалмаги жемун букIунаан. Чалма къалаан такъия гьечIого, гIицIаб бетIералдаса тIасанги. Гьесие рокьулаан Йеменалдаса рачIарал тIагърал, гьениса рачIарал рукIунаан щулияб ххамил гьабурал, хъахIал.

 

Цо-цо нухалъ Аварагас ﷺ жиндирго тIагъурги бахъун, гьеб лъолаан как балелъул цебе сутрат хIисабалда, гьедин гьабиялдалъун гIадамал цересан хьвадичIого рукIине. Гьебги гьабулаан цоги лъезе жо батичIеб мехалда ва гьабизе бегьи бихьизабизелъун.

Цо-цо нухалъ, чалма кодобе щвечIони, Аварагас ﷺ нодоялдагун бетIералда жемулаан кинаб бугониги ххам. Ибну ГIаббасидасан бицун буго (цо-цо нухалъ) Авараг ﷺ минбаралде вахунаанин бетIер сверун гъункараб ххамил кесекги жемунилан абун (Бухари).

ГIумар-асхIабасдасан бицунеб буго: «Аллагьасул Расулас ﷺ бетIер сверун чалма жемулаан, цинги гьелъул рагIаллъабиги рукIунаан нахъасан кIиябго гъажалда гьоркьоса гIодоре дализарун», - абун (Тирмизи).

Гьел даларал рагIаллъалабазул халалъи букIунаан гIункIрукьалъул халалъи бугел. Гьединаб халалъи гьабизе суннатаблъунги ккола.

Гьесул ﷺ букIана «Ас-СахIаб» абун цIар бугеб чалма. Хадубккун гьеб ГIалие кьунги букIана. Гьебги ретIун ГIали вачIиндал, Аварагас ﷺ абуна: «Нилъехъе ГIали вачIана ботIрода сахIабги лъун», - абун. Гьелъул магIна ккола накIкI абураб.

ГIалица бицун букIана Аварагас ﷺ жинда чалма къанила, цинги гьелъул рагIаллъаби гъажалда тIадеги разарунилан абун.

ГIалица абуна: «Бадруялъул гъазаваталъул ва ХIунайналда рагъулел къояз Аллагьас ﷻ дие кумек гьабуна, гьеб чалмаялда сверун лъугьун свер-сведулел рукIарал малаикзабаздалъун», - абун.

Имам ТIабаранияс бицун буго, щибаб нухалъ бакIалъул вазирлъун яги цевехъанлъун щив вугониги толелъул, Аллагьасул Расулас ﷺ жиндирго вакиласул ботIрода сверун чалма жемулаанин, цинги гьелъул рагIаллъабиги, нахъасан, гIинда аскIосан кваранаб гъажалде риччалаанин абун.

Жабир-асхIабас бицана: «Макка бахъараб къоялъ Аллагьасул Расул ﷺ шагьаралде лъугьиндал, гьесул ботIрода букIана чIегIераб кьералъул чалма», - абун (Муслим).

Анас-асхIабасдасан бачIараб риваяталда буго: «Макка бахъараб къоялъ шагьаралде лъугьиндал Аварагасул ﷺ ботӀрода букӀана цӀунулеб тӀагъур (шлем)», - абун (Бухари).

ХӀадис-гIелмуялъул гIалимзаби рекъараб пикру буго гьеб кӀиябго. ГIалимзабаз чIезабуна гьеб къоялъ Аварагасул ﷺ ботIрода букIанин шлемги гьелда тIасан жемараб чӀегӀераб чалмаги абун.

Чалмаялъул халалъи-гIеблъи кинаб букIарабали мухIканго лъалеб гьечIо. Цо-цояз абула анкьго гIункIрукьалъул халалъи букIанин (2,5-3 метр), амма цIикIкIун лъалев Аллагь ﷻ вуго.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...