Аслияб гьумералде

Васият

Васият

Дунялалъул рокъор нилъ абадияллъун гьечIо, хвел щивасде щола, гьеб бачIинеги буго тохлъукьего. Дунял тун индал гьабулеб гIамал-гIибадат къотIула, амма ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьеб къотIунгутIизе сабаблъун гьабун буго чанго жо. Гьединазул цояб буго васиятги. Гьебги ккола жиндир хвелалда хурхинабун чияс гьабун толеб ракI-ракIалъулаб садакъа.

 

Гьединлъидалин бугеб шаригIаталда бихьизабун балугълъиялде вахарав щивав чияс, живго хвелалде, васият гьаби, гьеб хъван тей. Васият гьабиялъул хIакъалъулъ хирияб Къуръаналда рехсон буго, Аварагасул ﷺ хIадисалги гIезегIан руго.

Къуръаналда буго (магIна): «Нужер цонигиясде хвел гIагарлъулеб мехалъ, нахъе толеб магIишат, боцIи-мал бугони, нужее бихьизабураблъун буго эбел-инсуегун гIагарлъиялъе шаргIалда рекъараб хIалалъ васият гьабизе…», - ян (суратул «Бакъара» 180 аят).

ХIадисалда буго: «Жиндир боцIи-мал бугев чиясе бегьизабураб гьечIо кIиго сордоялъгицин хъвараб васият гьечIого вукIине», - ян (Бухари, Муслим).

«Бугъятул мустаршидин» абураб тIехьалда хъвалеб буго васиятги гьечIого хварав чиясда хабалъ вугебгIан заманалъ гьенив (дунялалдаги ахираталдаги гьоркьоб буго барзахин абун киналго хваразул рухIал данделъулеб бакI) кIалъазе кIоларин.

Аварагас ﷺ абунин ибну Мажагьидасан бицун буго: «КIудияб лъикIлъиялдаса махIрумлъарав чи вуго васияталдаса махIрумлъарав чи. Васиятгун хварав чи Аллагьасул ﷻ нухда, Аварагасул ﷺ суннаталда, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялда, шагьидлъиялда, жиндир мунагьал чурун хварав чи вуго», - ян абун.

Васиятги ккола хун хадуб чияс жиндир боцIи-мал, буголъи лъикIаб рахъалде буссинабеян хъван тей. Гьебги ккола жиндир ирсилал бечедал ругониги, мискинал ругониги нахъе хутIаралъул лъабил бутIаялдаса цIикIкIинчIеб жо. Лъабил бутIаялдаса цIикIкIараб васият ирсилаз бегьизабичIони, тIаде цIикIкIараб къадар рикIкIунаро. Васияталъе тараб лъабил бутIаги халгьабула гьесда тIад батараб налъи чияе кьезе кколеб хIакъ тIубан хадуб.

Васиятги букIине бегьула, гIемераб магIишат, боцIи-мал нахъе тун гьеб бикьи гуреб (шаригIаталда гьединги хварас нахъе тараб ирсилазе лъие щиб щолебали бихьизабун буго) гIага-божаралгун диналъул агьлу Аллагьасдаса ﷻ хIинкъиялде ахIараб, шаригIаталъул хIукъукъазда тIадчIей гьабеян малъун хъварабги.

Васияталъулъ цере гьаризе бищунго хириял руго ирс щоларел гIагарал чагIи, хIажалъи цIикIкIарал лъикIлъиялъул агьлу.

Васият гьабизе бегьула гIаммаб, хIалалаб рахъалдеги. Масала, мажгит къачIай, гьелъул маслахIатал тIурай гIадаб. Васият гьабизе бегьуларо, гIаммаб рахъалде бугониги, хассав чиясе бугониги жиндилъ гIасилъи, хIарамлъи-карагьалъи бугел жалазе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...