Аслияб гьумералде

Салаваталъулъ Ибрагьим авараг щай рехсарав?

Салаваталъулъ Ибрагьим авараг щай рехсарав?

Нилъеца цебесеб номералда бицана Ибрагьимияб салаваталъул хиралъиялъул хIакъалъулъ. ГIемерисезул суал бачIун батизе рес буго гьеб салаваталъулъ МухIаммад аварагасул ﷺ цIар рехсон хадуб Ибрагьим аварагасул цIар щай рехсарабин абун.

 

Нилъеда лъала гьеб салават цIалеян абурав чи авараг ﷺ вукIин. Аварагас ﷺ салаваталда жаниб Ибрагьим аварагасул цIар щайха рехсараб, мисалалъе, Муса аварагасул яги цогидав аварагасул рехсечIого?

Ибрагьим ккола тIадегIанаб макъамалъул авараг. Ибрагьим авараг МухIаммад аварагасда хадув бищун хирияв вугинги абула.

Имам КъустIуланияс хъвалеб буго: «Ибрагьим авараг рехсана, мисалалъе, Муса авараг рехсечIого, щайгурелъул, Муса аварагас дугIа гьабуна гьаб умматалъ жив рехсейин кIодолъиялдалъун. Амма Ибрагьим аварагас ТIадегIанав Аллагьасда гьарана гьаб умматалъ жив лъикIлъиялдалъун рехсеян. Гьелъин аварагас ﷺ амру гьабураб жинде салават битIейин Ибрагьим аварагасде салават битIарабго гIадин.

Амма гьелъ магIна кьоларо Ибрагьим авараг МухIаммад аварагасда ващадав вугин абиялъе. Щайин абуни аварагас ﷺ амру гьабуна гьесие кколеб лъикIлъиялдалъун рехсеян.

Даражаялъул ва макъамалъул рахъалъ Ибрагьим рехсанин абун, гьев ващалъуларо МухIаммад аварагасда ﷺ. Щайин абуни, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезул бугеб макъамалда рекъон рехсола лъикIлъиялдалъун. Гьелъин Ибрагьим авараг жиндирго макъамалда рекъон лъикIлъиялдалъун рехсолев ва гьединго МухIаммад авараг ﷺ жиндирго макъамалда рекъон лъикIлъиялдалъун рехсолев.

МухIаммад аварагасул ﷺ макъам хириябги тIадегIанабги буго Ибрагьим аварагасулалдаса. Гьелъ аварагасе ﷺ цIалулеб салаватги хириябги тIадегIанабги букIуна Ибрагьим аварагасул салаваталдасаги. Гьедин букIин имам Нававиясги баян гьабуна.

Ибну ХIажарица «Жавгьарул Муназзам» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Ибрагьим авараг ва гьесул агьлу тIаса бищиялъе сабаб ккана, гьезие гIадин гурони ТIадегIанав Аллагьас баракатги рахIматги данделъичIо. Гьединго гьев МухIаммад аварагасда ﷺ хадув бищун хириявги ккола», - ян.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...