Кванил адабал
Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги гIибадаталде сверула. Амма гIемер кваналев, лазатаб, тIагIамабщинаб квен кванаялъул пикрабалъ вукIунев чиясул гьединаб ният хIакълъуларо.
Кваназеги цIамалдалъун байбихьила, гьелдалъун лъугIизеги гьабила. Кваранаб квералъ кванала, кваранаб квералъ гьекъела, квегIалъ щайтIан кваналилан хIадис буго. Кванида кинго гIайибги чIваларо, бокьани кванала, бокьичIони жибго тела. КIалдиб лукъмаги гьитIи-гьитIинаб лъела, лъикI чIамун гурони къулчIиларо.
ХIарамаб жоялде загьруялдегIанги гIагарде къаларо. ХIарамаб жо кванаялъ дугIа къабуллъиялъе квалквал гьабула. Кваналеб мехалъ хIузуралда, ай Аллагьги ракIалда вукIун кванани, гьедин кванараб квеналъ ракIалда нур базабула.
Бажарани, щибаб лукъмаялъул авалалда «Бисмила», ахиралда «АлхIамдулиллагь» абила. Щибаб жо кванан яги гьекъонщинахъе Аллагьасе рецц гьабулев чиясда Аллагь разилъулилан хIадис буго. БатIаго кваназеги бегьула, амма рукъалъул агьлу бугони, цадахъ данделъун кваназе суннатаб буго. Цадахъ кваналаго, руцIцIун чIечIого, хIалалаб, берцинаб калам гьабила. ГIемер гIорцIизегIанги кваналаро, кваназе гъира букIаго квен тела. Бищун Аллагьасе рихараб къвачIа - хIалалаб кваница цIураб кванирукъ бугин абураб хIадис буго.
Вакъун гурого кваназеги байби-хьичIони, гIорцIун вахъиналде квенги тани, гьев тохтурасде хIажалъиларин буго. ГIемер кванаялъ ракI биццат гьабула, гIибадаталъе черх бакIлъизабула, пагьму хвезабула. Кванан хадуб квералги чурила, цабиги рацIцIина, кIалги хулила. БухIараб кваниде хIухьелги пуларо.
Диналъул вацал, гьудулзаби кванде ахIизеги суннатаб буго. Кваназе ахIараб бакIалде инеги паризияб буго, шаргIияб гIузру батичIони. Цадахъ кваналаго аскIор ругезул ракI буссунеб жоги абиларо яги гьабиларо.
АхIун ватичIони, кваналел рукIин лъалел гIадамазде тIадеги инаро.
Гьобол вачIаравго гьесда цебе квенги лъела, дуе кваназе бокьун бугищан гьоболасда гьикъиларо.
Кванан хадуб гьаб дугIаги гьабила: «АлхIамду лиллагьи ллази атIгIамани гьаза ва разакъанигьи мин гъайри хIавлин ва ла къувватин», - абун.
ТIадегIанав Аллагьасе гьеб кванил кIудияб нигIматалъухъ щукруги реццги гьабила. Гьеб квен кванан щвараб къуват гIибадаталде, лъикIал ишазде буссинеги гьабила.