Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ кьижи

Аварагасул ﷺ кьижи

Аварагасул ﷺ кьижи

Макьу ккола нилъее рахIат гьабизе БетIергьанас бижараб жо. Макьуялда абула хвалил гьитIинав вациланги. Кин кьижизе кколебали Аварагас ﷺ нилъеда малъана. Гьес ﷺ малъараб къагIида гьанже нахъа гIалимзабазги ритIухъ гьабуна, гьеб черхалъе бищун пайдаяб бугинги абун.

 

Аварагас ﷺ кьижилалде цебе Къуръаналдаса сураби цIалулел рукIана. Масала, «Табарака», «Аятул курси», «Зумар» ва цогидалги.

Гьединго кьижилалде цебеги, ворчIун хадубги дугIаби цIалулаан. Гьел цIалиялъул хIикматги буго, къоялъул ахирги байбихьиги кидаго Аллагь ﷻ рехсовлъун вукIин.

Имам КъустIуланияс «Мавагьиб» абураб тIехьалда хъван буго Авараг ﷺ сардил авалалда кьижулаанин ва гьеб бащалъидал тIадеги вахъунаанин абун.

Макьидаса ворчIидал сивак хIалтIизабулаан ва какиеги чурулаан. Жиндие гIураб къадаралдаса цIикIкIун Авараг ﷺ кьижичIо. Сардил авалалда кьижулаанин абураб жоялъул магIна ккола, боголил какдаса хадуб, гIемераб заман бачIого, кьижулаанин абураб.

Сордо бащалъидалин абураб жоялъул магIна ккола, гIемерисеб мехалда гьедин ворчIулаанин абураб. Гьединго абула, Авараг ﷺ тIаде вахъунаанин хIелеко гIегIедидал.

Ибну ХIажар ГIаскъаланияс абуна: «Гьел хIадисазулъ дандеккунгутIи гьечIо. Гьезул щивас, ай хIадис бицанщинас абуна жидеда бихьараб куцалда», - ян.

Бухари ва Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Боголил мех щвезегIан Аварагасе ﷺ кьижизе бокьулеб букIинчIо ва боголидаса хадуб харбалги рицунароан», - ян.

Боголидаса хадуб пайдаял харбал рицине бегьула. Амма жиндилъ пайда гьечIел харбал рицине карагьатаб буго. ХIарамаб хабар бицине хIарамаб буго.

Авараг ﷺ кьижулев вукIана кваранаб рахъалда. Берал къанщизегIан Аллагь ﷻ рехсолаан. Кьижулеб мехалда, чехьги цIун, Авараг ﷺ кьижулароан.

Авалалда кьижиялъ Аварагас ﷺ черхалъе рахIат кьолеб букIана, къаси сардилъ вахъин букIана ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадат гьаби. Кинниги нилъер гьаб заманалда цо-цоял къаси нахъалъизегIан кафе-баразда гIордор чIун яги телефоназда компьютеразда нахъа кIусун рукIуна. Цинги, рогьалил какде яги гIибадат гьабизе рахъине кIоларо.

Кьижулеб мехалда Авараг ﷺ какиеги чурун кьижулаан.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...