Аслияб гьумералде

Инстаграмалъ лъалхъи гьабуна

Инстаграмалъ лъалхъи гьабуна

Нилъеца пикру гьабулищ нилъерго гIамал-хасияталъул? Нилъ сабаблъун кколищ квешаб яги лъикIаб жо тIибитIизабилъе? Нилъеда лъалищ квешаб жо тIибитIизабиялъе нилъ сабаблъун ккани гьелъул мунагь тIибитIанагIан, чи рикIкIун нилъее хъвазе бугеблъи? Масала, хъалияби ва гIаракъи бичулев чи. Гьеб гIаракъи сабаблъун хъизан биххани, чи чIвани, авария ккани яги жеги кIуди-кIудиял питнаби ккани, киналъухъго тукадул бетIергьанасеги букIуна мунагь. ГьитIи-бикъинаб жо гьечIо гьеб, диналъул вацал ва яцал. Гьединал къабихIал пишаби ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рес кьун букIаго те, кантIе ва тавбу гьабе.

Гьаниб рехсезе бегьула эбел-инсуца лъималазе кьолеб тарбияги. Гьез лъикIаб тарбия кьуни, лъималаз гьабунщинаб лъикIал гIамалазул гьезиеги кири щола. Квешаб тарбия кьуни, лъималаз гьабунщинаб квешал гIамалазул квешлъи гьезиеги хъвала. Гьелъин нилъеца лъималазе тарбия кьеялде кIвар кьезе кколеб. Щайин абуни, нилъеца жаваб кьезе кколелъул нилъеда Аллагьас ﷻ аманатлъун таразул. Гьединго, чияс кальянал, къасисел клубал, ай жинда жаниб квешлъи тIибитIизабулел жал рагьани, гьединасеги букIуна лъугIулареб квешлъи. ХIисаб гьабе, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цеве чIараб мехалъ кин нилъеца жаваб кьезе бугеб? ЦIодорлъи ккола, заман тIаде щвезегIанго кантIун, квешаб тун, тавбу гьабун, лъикIал гIамалазде вуссин. Аллагьас ﷻ нилъ гьелде кантIизареги.

Нилъеца пикру гьаби тани, нилъеда кIоларо черхалда тIад хъаравуллъи гьабизе. Гьелъин пикру гьаби Исламалда беццулеб, лъагIалица гIибадат гьабиялдасаги жиб лъикIаблъун рикIкIунеб. Дунял буго хехго унеб жо. ГIадамалги пикру гьабизего регIулел гьечIо. Интернеталдасан квешлъиялде цIикIкIун квербакъулебги буго. Жакъа бачIана замана инстаграмалъеги тиктокалъеги лъалхъи гьабураб. Гьединлъидал, воре, пикру гьаби нужеца тоге.

Гьениб гIадамазул, хасго гIолохъанаб гIелалъул битIахъе бетIер сверулеб букIана. ЯхI-намусалда рекъараб щибго букIинчIо. ЛъикIлъиялдаса квешлъи бергьине биччазе бегьуларо. Аллагьасул ﷺ рахIму, ццималдаса цебе кколеб букIинчIебани, щибдай Аллагьас ﷺ нилъее гьабизе букIараб, нилъер гIамалазухъ? Нилъехъ балагьидал, нилъ мустахIикълъун рихьула дунялалдаса тIагIинаризего. Амма нилъ зигардула кутакалда лъикIал чагIи ругилан.

Абула щибаб жоялъулъ лъикIлъи бугин, жиндаса пайда босулеб. Амма социалиял гьиназда ккараб лъалхъи нилъеца пайда босараб куцалъ букIуна. Цоязда ккела гьеб кIудияб балагьин, цояз гIакъилго пикру гьабун пайда босила, жиндирго гIамалазул хIисаб-суал гьабила. Щайин абуни, нилъеца гьаниб хIисаб гьабуни, доре щвараб мехалъ гьабизе бугеб хIисаб бигьалъизе бугелъулха. Гьелъин ГIумар-асхIабас абураб, нужер хIисаб гьабизегIан, гьанжего хIисаб гьабеян нужерго гIамалазул.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.   Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул...


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...