Аслияб гьумералде

Бечелъизе бокьани…

Бечелъизе бокьани…

Бечелъизе бокьани…

Инсан жеги эбелалъув ургьив вукIаго, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие гьаб ракьалда щвезе бугеб ризкъи хъвана. Ризкъигун цадахъ Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал рикIкIине лъугьани, гьебги нилъехъа бажаризе гьечIо.

 

ГIемер рагIула гIадамаз цоцазе баракат гьарулеб. Нилъеда чанги халлъула гIемераб боцIи-мал бугесги абулеб, кибе араб лъачIого лъугIун батулин ва чанги мискин вихьула бугелда гIейги гьабун Аллагьасе ﷻ щукру гьабулев. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ баракат лъуни, дагьаб ризкъиги кIудияблъун лъугьуна ва Гьес баракат бахъани, гIемераб ризкъиги, кибе арабали лъачIого, тIагIун батула.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ва хирияв Аварагас ﷺ нилъеда малъана цо-цо сабабал ризкъиялда баракат лъолел.

Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца щукру гьабуни Дица ﷻ нужее жеги цIикIкIун кьела», - ян (суратул «Ибрагьим», аят 7).

Нилъер умумуз гIадада гуро абулеб букIараб, щукру гьабичIеб нигIмат Аллагьас нахъе босун унин ва гьелъул гIаксалда, щукру гьабидал Аллагьас ﷻ гьеб даим гьабулин абун.

Абу Дардаидасан бицараб хIадисалда буго: «Рогьел баккидал Аллагьас ﷻ кIиго малаик витIула. «Ле, гIадамал, нужер Аллагьасде ﷻ нуж гIедегIе. Баракат лъураб дагьаб нигIмат лъикIаб буго жиндилъ баракат гьечIеб гIемералдаса», - ян ахIулеб гьаракь гьел малаикзабазда рагIидал, гьез гьарула: «Я Аллагь ﷻ, садакъа кьолесе ризкъи цIикIкIинабе ва къарумасул боцIи-мал хвезабе», - ян. (Байгьакъи)

ХIадисазда бачIана садакъа кьеялъ ризкъи дагь гьабуларинги. ГIадамазул къваригIелги тIубалев, гьездаса ургъелги босулесе ТIадегIанасги ﷻ гьабула кумек.

Жеги ризкъиялда баракат лъолел сабабаздасан ккола Аллагьасда ﷻ таваккал гьаби. Аварагас ﷺ абуна: «БукIине кколеб хIалалъ Аллагьасде ﷻ таваккал нужеца гьабулеб букIарабани, радал чIобогоб чехьгун роржун ун, нахъе гIорцIун рачIунел хIанчIазегIан кинниги нужееги ризкъи кьезе букIана», - ян.

Ибн Ражабин абурав гIалимчияс абуна: «Гьаб цебе рехсараб хIадис ккола Аллагьасде ﷻ таваккал гьабиялъулъ бищун аслияб. Аллагьасде ﷻ бугеб таваккалалда бан букIуна инсанасе щолеб ризкъиялъул къадар ва гьеб щунгутIи. Къуръаналда буго (магIна): «Аллагьасул гIазабалдаса хIинкъун хьвадулев чиясе амру бигьа гьабула ва кинабго къварилъи, пашманлъи тIаса инабулеб нухги бихьизабула. РакIалдаго гьечIеб рахъалъан Аллагьас ﷻ гьесие хIалалаб ризкъиги кьола», - ян (сурату «ТIалакъ», 2-3 аятал).

ЧIахIиял чагIаз абула: «Аллагьасда ﷻ мугъчIвай гьабидал, киса бачIарабали лъачIого, щибго гIакъуба-захIмалъи бихьичIого тIаде ризкъи бачIуна», - ян.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...