Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ садакъа щай босичIеб?

Аварагас ﷺ садакъа щай босичIеб?

Аварагас ﷺ садакъа щай босичIеб?

Аварагас сайгъаталъе кьураб жо босана, амма садакъаялъе кьураб босичIо. Гьеб босичIого теялъе щиб гIилла букIараб? Садакъа кьола гIадамазул чороклъи бацIцIинелъун.

 

Гьеб Аллагьас ﷻ хира ва кIодо гьавурав Аварагасе ﷺ бегьулеб жо гуро. Аварагас ﷺ, жиндиего щиб букIаниги кьолеб мехалда гьикъулаан, гьаб сайгъатищ яги садакъайищ абун. Сайгъат бугин абуни босулаан, садакъа бугин абуни толаан.

ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Радал вачIун Аварагас гьикъулаан кваназе жо бугищ», - илан? Дица абулаан гьечIилан. Цинги Аварагас ﷺ абулаан кIал кквезе бугин.

Цо нухалъ Авараг ﷺ вачIиндал дица абуна, нилъее сайгъат бачIанилан. Щиб бачIарабин гьикъидал, гьелъ абула хIайс бугин. Гьеб мехалда Аварагас ﷺ абулаан: «Дица кIал ккун букIана ва амма гьанже кванала», - ян.

Гьаб хIадисалъ тIоритIел гьабула суннатаб, къалъун гьечIебгIан заманалъ, кIалалъе радал ният гьабизе бегьиялда. Амма паризаяб кIалалъе тIадаб буго къаси мехалъ ният гьабизе, маркIачIул заманалдаса хадуб, рогьалил гIуж щвелалде. Гьединго хIадисалъул ахирисеб бутIаялъ тIоритIел гьабула суннатаб кIал биххизе бегьулеблъиялде.

Цогидаб хIадисалъги гьелде тIоритIел гьабула: «Суннатаб кIал ккурав жиндирго ихтияралда вуго: бокьани кквела, бокьичIони биччала», - ян.

Амма Къуръаналда бугеб: «Нужеца нужерго гIамалал хвезаруге», - ян абураб аят бачана паризаял гIамалазде, ай как-кIал гIадинал. Гьаб нилъеца бицараб хаслъула ШафигIияб мазгьабалда.

Абу ХIанифал мазгьабалда ккураб кIал, суннатаб ва паризаяб букIа, биччазе ихтияр гьечIо.

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагасе щиб букIаниги босун бачIиндал, гьес цIехолаан, гьаб сайгъатищ яги садакъайищ абун. Садакъа бугин абуни, гьес асхIабзабазда абулаан нужецаго кванайин абун ва жинцаго кваналароан. Амма сайгъат бугин абуни, асхIабзабазда цадахъ кваналаан», - ян.

Сайгъат босиялъе хIикмат букIана, гьеб кьолев чи кIодо гьави. Амма садакъа кьола мискинав, пакъирав чи вихьун. Гьеб макъам Аварагасе ﷺ рекъоларо, гьев гьелдаса вацIцIадав вуго.

Капурзабазги абизе букIаралъулха, Аварагас ﷺ садакъа жиндиего ва жиндирго агьлуялъе бакIарулеб букIаниланги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...