Аслияб гьумералде

Сира лъазаби

Сира лъазаби

Сира лъазаби

Халкъалъулго хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру лъазаби, гьесул багьатIокIал тIабигIатазул ва хаслъабазул баян гьабиялда сиррайин абула.

Аврагасул ﷺ сирру лъазабиялъул мурадго буго гьесдехун рокьи цIикIкIин, исламияб диналъул битIараб бичIчIи кьей ва шаригIаталда нахъвилълъин.

 

ТIадегIанав Аллагьасул махлукъатазул бищун хириясул гIумру лъазабичIого тей кIудияб кIарчанлъи ккола. Къуръаналдаги Аварагасде хитIаб гьабун абулеб буго (магIна): «ХIакълъунго мун цIакъ кIудиял ва берцинал тIабигIатазда вуго», - я. (Суратул «Къалам», аят 4)

Хирияв Аварагасулъ гьаб ракьалда ругелщинал тIабигIатазул бищун лъикIал ракIарана: бищун лъикIаб насаб, гъваридаб гIакълу-лъай, цIодорлъи, гIелму, нич, сахаватлъи, бахIрачилъи, сабру, рахIму-гурхIел ва цогидал лъикIал тIабигIатал.

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго хирияв Аварагас абунин: «Къиямасеб къоялъ дун вуго Адамил лъималазул сайид, хабалъа тIоцебе вахъинавулевги дун вуго, тIоцебе шафагIат гьабулевги ва тIоцебе шафагIат гьабизе изну жиндие кьолевги», - ян.

Абу Закария Нававияс гьеб хIадисалъе шархI гьабун хъвалеб буго: «Гьеб хIадисалъ тIоритIел гьабулеб буго кинабниги махлукъаталдасаги хирияв Аварагасул тIокIлъиялде. Агьлу суннатазул мазгьабалда рекъон малаикзабаздасаги гIадамал тIокIал руго ва Аварагги гIадамазул ва кинабниги махлукъаталъул бищун хирияв вуго», - ян.

Зайнул ГIабидиница бицана: «Къуръаналъул аятал малъулелго гIадин хирияв Аварагасул гъазаватазул хIакъалъулъги малъулаан нижеда», - ян.

Имам Ибн Шигьаб Зугьрияс бицана: «Аварагасул гъазаватазул хIакъалъулъ лъай гьеб ккола дунял-ахираталъул гIелму лъай», - ян.

ИсмагIил ибн МухIаммад ибн СагIдица бицана: «Инсуца нижеда хирияв Аварагасул гъазаватазул гIемер бицунаан. Гьес абулаан: «Ле дир лъимал, нужер умумузул рагъулал гьунарал руго гьел. Нужеда гьел кIочонге», - ян.

ГIали Тантавияс насихIат гьабун жиндирго тIахьида хъвалеб буго: «Щибаб рокъоб чара гьечIого букIине ккола Аварагасул гIумруялъул хъвараб тIехь. Щибаб къойил цо сагIатгIанасеб мехалъ цIализеги ккола гьеб хъизан агьлуялъе ва хассго лъималазе. Аварагасул гIумру лъалеллъун гьел гIезе. Аварагасул сирру ккола битIун гIумру тIамизеги бокьаразе бацIцIадаб иццлъун», - абун.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Гьав хирияв Расуласда буго нужее, я гьал муъминзаби, берцинаб нахърилълъин», - абун. (Сура «Ал-АхIзаб»).

 

Жабир Мажидов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...