Аслияб гьумералде

ХIажатханалде унелъул адабал

ХIажатханалде унелъул адабал

ХIажатханаялде лъугьунев чи хIатIида хьит ретIун, бетIералда тIад жогун лъугьина. «ИгIанатул ТIалибин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «ХIажатханаялде лъугьунаго квегIаб, къватIиве вачIунелъул кваранаб гали цебе ккезабила. Рокъове лъугьунелъул гIаксалда гьабула», - ян.

Жаниве лъугьиналде абила: «Бисмиллагьи. Аллагьумма инни агIузу бика минал хубуси вал хабаиси», - абун. КъватIиве вахъун хадуб абила: «Гъуфранака. АлхIамдулиллагьи ллази азгьаба гIаннил аза ва гIафани», - ян. Аллагьасул яги Аварагасул цIар, Къуръан-хIадис, шаргIияб гIелму тIад хъвараб жоги хIажатханаялде босиларо. Нагагьлъун лъачIого босун батани, цо жо тIад жемун яги кисиниб лъун бахчила.

ХIажат тIубалаго Къилбаялдехун я гьумер, я мугъ буссинабиларо, бакъудехун яги моцIалдехунги вуссинаро, гIадамазда вихьулареб, гьаракь рагIулареб бакIалда хIажатги тIубала. Гьеб хIукму ккола хIажатхан гьечIеб бакIалда. ХIажат тIубалаго гаргадиларо, кIалалъ Аллагь рехселаро, Къуръан цIалиларо, ракIалъ Къуръан цIализе бегьула, чинхъани, ракIалъ «АлхIамдулиллагь» абила. Цо-цоял рихьула хIажатханаялда телефоналъ кIалъалел, гьебги лъикI гьечIо, цIакъго хIажат букIун гурони. Гьеб адаб нилъеца кIванагIан цIунизе ккола.

Гьорода данде кIущиларо, къвакIараб бакIалдеги кIущиларо, тIираби щвечIого рукIине. Гьеб буго авлахъалда хIажат тIубалеб бугони. ГIадамал хьвадулеб нухда, годекIабахъ, пихъил гъотIода гъоркь хIажат тIубаларо. КартIиниб яги ракьул кьватIелалде, чIараб лъелъе, чвахулеб дагьаб лъелъеги хIажат тIубаларо, кваранаб кверги гIавраталда хъваларо, гIавраталдеги балагьиларо. Гьединал бакIазде унаго нилъеца рихьизарурал дугIаби цIалани лъикIаб букIуна, щайин абуни жиназдаса нилъ цIунун рукIине.

КIущалдаса рацIцIалъи тIалаб гьабила, вахъун чIунги кIущиларо, гъизалдеги балагьиларо. Лъеца тIагьарат гьабулаго цин цебесеб, хадуб нахъисеб гIаврат чурила. ТIагьарат гьабун хадуб бацIцIадаб бакIалдаги чIун: «Аллагьумма тIагьир къалби мина ннифакъи ва хIассин фаржи минал фавахIиши», абила. Аварагасул суннат гьабизе нилъее рес буго. Кьижиялъулъги, вегиялъулъги, кванилъги, гьекъеялъулъги, хIажат тIубаялъулъги, агьлухъизангун, хIалтIулеб бакIалдаги. Гьел нилъеца щибаб къоялъ гьарулел жал руго. Ният гьабурас пайдахайир ва кири босила, гьабичIесул гIададаги ина.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...