Аслияб гьумералде

Лъазе рекъараб

Лъазе рекъараб

Лъазе рекъараб

ДугIаялъул хIакъалъулъ лъаларев бусурбанчи ватиларо. ДугIа гьабураб мехалъ нилъее хехго жавабги къваригIуна. ДугIаялъеги адабал ва шурутIал ругеблъи лъазе ккола. Хъвалеб буго, Къиямасеб къо гIагарлъарабгIан дугIа гIемер гьабулеб гьечIони, къабул гьабуларин абун. Рес бугелъулха гIемер нуцIида кIутIидал, гьеб рагьизе.

 

Жеги хъвалеб буго, дугIа гьабуни жиндирго напсалъул бутIаялъе гIоло Аллагьгун кIалъазе гуреб мурадалда, гьеб дугIаялда гьоркьоб пардав чIолинги. ДугIа гьабулаго нилъер мурад букIине ккола Аллагьгун ﷻ мунажат гьабулеб бугин абураб. ДугIа гьабулеб заманалда гIемерисел пикраби рикъула, гъапуллъула. Гьеб заманалда ТIадегIанав Аллагь ﷻ ракIалда щвезе ккола. Лъазе ва бичIчIизе ккола лъие дугIа гьабулеб бугебали.

ШартI буго дугIа къабуллъиялъе хIалалаб жо кванай. ХIарамаб лукъма жанибе арасул дугIа къабуллъиялда кIудияб щаклъи буго. Хирияб хIадисалда гьечIищ сапаралда хIурулги цIун, бихъ-бихъараб ретIелги ретIун вугев чияс дугIа гьабидал, нахъчIвалин абун. Щай нахъчIвалеб? Щайгурелъул гьес хIарамаб жо кваналеб, гьекъолеб букIиналъ. Гьелъ нилъеца лъазабизе ккола кваналеб жо хIарамаб бугищали. Рес буго гьеб сабаблъун дугIаялдаса махIрумлъизе.

ДугIа ккола гIибадаталъул нах, ай Аварагасул ﷺ хIадисалда рекъон. Щибха гьелъул магIна? Нилъеца гIицIго мурадазе, напсиял жалазе гIоло гьабураб дугIа кколищ гIибадаталъул нахлъун? Кколаро. ДугIаялдаса мурад ккола нилъ ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ хIажатал рукIин бихьизаби. Гьеб буго бищун нилъее къваригIаб ва бичIчIизе кколеб жо.

Гьеб хIал нилъер гьечIони, гIицIго дунявияб жо щвезелъун гьабураб дугIаялъулъ бугищ гIибадаталъул махI?

ДугIа гьабизе рекъараб буго, гьабичIого теялдаса. Щайгурелъул, дугIа - гIибадат бугелъул ва жеги гьеб Аллагьасе ﷻ тIубалеб хIакъ буго. БетIергьанас ﷻ Къуръаналда дугIа гьабеян, Жинда гьареян абун бугелъул.

ДугIа къабуллъичIони дуца Аллагьасе ﷻ кколеб хIакъ тIубана. ДугIаялдаса бугеб мурад-къасд ккола ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ мун хIажатав вукIин загьир гьаби. Гьеб бичIчIулев чи васвасдизе лъугьунаро, жиндир дугIа щай къабуллъуларебинги абун. Гьединлъидал, дугIа къабуллъичIеб мехалда, ццидахине кколаро. Гьеб гIиллаялъе гIоло Абу ХIазим АгIражияс абуна: «ДугIаялдаса дун махIрум Аллагьас ﷻ гьави дие захIматаб буго, жавабалдаса махIрум гьавиялдаса», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...