Аслияб гьумералде

Баракатаб моцI

Баракатаб моцI

АлхIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ буго исанаги хирияб рамазан моцIалда дандчIвазарун гIумру нилъее кьурав.

Рамазан ккола, Аллагьасул ﷻ калам, ТIадегIанас ﷻ рещтIарал тIахьазул нилъее ахирисеб, жиб камилаб, цересел аварагзабазул тIахьал жинца насху гьабураб, муъминзабаз жинда мугъчIвай гьабулеб, Къуръан жиндилъ рещтIараб моцI. Гьеб моцIалъ Къуръан тIубанго зобалазде рещтIана, цинги 23 соналъ рещтIана аварагасухъе ﷺ . ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рамазан моцI кIодо гьабуна гьелъулъ бугеб Лайлатул къадриялъул сордоялдалъун. Гьеб сордоялъ гьабураб гIибадат 1000 моцIалъ гьабураб гIибадаталдасаги хирияб буго. Гьеб сордоялъул маркIачIул какдаса байбихьун рогьел баккизегIан бугеб заман кинабго хирияб гIуж буго.

Рамазан моцIалъун бицун аварагас ﷺ абуна: «Ле, гIадамал! Нуж роха гьаб хирияб моцIалдалъун, жиндилъ 1000 моцIалдасаги хирияб сордо бугеб. Рамазан моцIалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда къоялъ кIал кквезе ва къаси сардилъ гIибадат гьабизе тIадкъана. Гьеб моцIалъ суннат тIубан Аллагьасде ﷻ гIагарлъизе бокьарав релълъуна цогидаб моцIалъ фарз тIубарасда (гьелда релълъун щолин кириян абураб магIнаялда). Гьединго рамазан моцIалъ фарз тIубарав релълъуна цогидаб заманалда 70 фарз тIубарасда. Рамазан моцI ккола сабруялъул моцI ва гьелъухъ жазаъги Алжан ккола.

Гьеб ккола муъминчиясул ризкъи цIикIкIунеб ракIгъеялъул моцI. КIал ккурав чи кваназавурасул (кIал биччалеб гIужалъ) мунагьал чурула, жужахIалъул цIаялдаса тархъан гьавула ва кIал ккурасегогIан кири гьесиеги щола щибго мукъсанлъичIого». Цебе рехсараб рагIидал асхIабзабаз абуна: «Я, Бичасул авараг ﷺ, нижер щивасул гуро бугеб кIал ккурав кваназавизе квен», - илан.

Аварагас ﷺ абуна: «КIал ккурав чамасдакIалъул кесекалдалъун кваназавурасегицин, лъим ва ялъуни рахь къулчIизе кьурасегицин щола гьеб кири. КIал ккурав гьекъезавурав ТIадегIанав Аллагьас дир хIавуз Кавсаралдасан гьекъезавула. Гьениса гьекъарасул къеч буссуна алжаналъуве гьев лъугьинегIан. Гьеб моцIалъул авал гурхIел буго, бакьулъ бакI – мунагьал чури, ахир – жужахIалъул цIаялдасан тархъанлъи буго», - ян.

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РачIа яхI бахъилин гьаб моцIалъул щибаб лахIзаталъул къимат гьабун Аллагь разияб хIалалда гIибадат гьабун, мунагьаздаса рикIкIалъун, цоцадаса тIаса лъугьун гьеб тIобитIизе.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...