Аслияб гьумералде

Малаикзабаз сверун ккола

Малаикзабаз сверун ккола

ТIадегIанав Аллагьас гIадамал рижун руго жиндие гIибадат гьабизе. Инсанас ТIадегIанав Аллагьасул киналго амруял тIуразарун гIумру гьабуни, гьесул киналго гIамалалги тIолабго гIумруги рикIкIуна гIибадатлъун.

 

Кинниги ТIадегIанав Аллагьас жиндирго лагъзадерида тIад гьабуна цо-цо гIибадаталъул тайпаби ва цогидал тайпабазул гIибадат суннатаблъун. Амма ТIадегIанав Аллагьас инсанасда тIадаблъун гьабичIо гьев захIматаб хIалалде ккезабулеб яги гьесие зарал гьабулеб жо. Гьеб нилъеца нилъеего захIмат гьабулеб батула, халгьабураб мехалда. Нафсалда ва шагьватазда нахъги рилъун, дин бигьа гьабизе бокьула. Гьелда нахърилъарал гIадамаз бачуна гьединаб гIузру, гIемерисеб мехалъ дин цIунизе захIматаб жо бугинги абун.

Нилъер диналъул ишал кIванагIан бигьа гьарун руго ва захIматаб бакIалде ккедал, масала, унтидал шаргIалъ муъминчиясе гьарула бигьалъаби ва санагIалъаби.

Бищунго бигьаяб, амма гьелдаго цадахъ кIудияб кири щолеб гIибадаталъул тайпабазул цояб ккола Аллагь рехсей (зикру). Кинаб ахIвал-хIалалда, кигIан захIматаб хIалалда вугониги, гьеб цIакъ кIвар бугеб жо ккола.

ГIабдуллагь бин Бусриясдасан бицун буго: «Цо чияс абула: «Я Аллагьасул Расул, исламалъул хIукмаби дие цIакъ гIемерлъулел руго, дица тIадчIей гьабулеб жо бице», - ян. Жаваб гьабун Аварагас ﷺ абула: «Аллагь ﷻ рехсолеблъун куцай дуца дурго мацI», - ян. (Тирмизи, ибн ХIиббан).

Нилъее рес буго бокьараб хIалалда Аллагь ﷻ рехсезе, ай унаго, гIодов чIараб мехалда, кьижулеб мехалда, кваналелъул. Щибаб хIалалда нилъее рихьизарурал зикрабиги руго. Гьеб Аварагас ﷺ гьабураб суннатги ккола. Гьесда нахъвилъине ният гьабуни, мун ккола Аварагасул ﷺ суннат цIунулев чи. Гьелда жаниб баракатги батула.

Инсанас гIемер зикру цIалани, дунял иманалда тезе рес цIикIкIараб буго. Нилъер бокьарав чи хвелалде цебесеб лахIзаталда шайтIаналъ гуккизе бегьула, амма гIумруялъ Аллагь рехсарав чиясда хвалда цебе Гьев ракIалде щвезавула. Гьеб зикруялъул баракаталъ.

Аварагас ﷺ Аллагь ﷻ рехсолел гIадамазул хIалкъаби Алжаналъул ахал ругин абуна ва жиндирго асхIабзаби ахIулаан гьединал хIалкъабазда аскIоса унеб мехалъ гъорлъе лъугьаян.

Жиндаса Аллагь разилъаяв Анас ибн Маликидасан бицана Аллагьасул Расулас ﷺ цо нухалъ абунин: «Алжаналъул ахазда аскIосан унел ругони, гьездаса пайда босе», - ян. Аварагасда ﷺ гьикъана: «Алжаналъул ахал щал кколел?» - ян. Гьес жаваб гьабуна: «Аллагь рехсезе гIодор чIарал хIалкъаби», - абун. (АхIмад).

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...