Аслияб гьумералде

Кин тIоритIилел хириял къоял?

Кин тIоритIилел хириял къоял?

Кин тIоритIилел хириял къоял?

Къурбаналъул къо ккола лъагIалида жанир ругел хириял гIужазул цояб. Гьебги ккола бусурбабазул бищун кIудияб байрам. Гьеб къоялъ бусурбабаз Аллагьасе ﷻ бугеб мутIигIлъи загьир гьабун къурбанал хъола, садакъа гьабула, ресалда ругез паризаяб хIеж борхула.

ЗулхIижа моцI буго муъминзабазе Аллагьасул ﷻ рахъалдасан бугеб цIоб, лъикIал гIамалал гьариялъе кьолеб рес. Ибну ГIаббасица бицун буго аварагас ﷺ абунин: «ЗулхIижа моцIалъул тIоцебесеб анцIго къоялъ гьабураб гIамал гIадаб жо гьечIо», - ян. (Бухари)

ТIоцебесеб 10 къоялъ гьаризе рекъарал гIамалаздасан ккола: цере гьарурал мунагьаздаса тавбу гьаби; ахираталъе пайдаял гIамалал гьари; инсанасул рижи загIипаб бугелъул, гьабулеб гIамал, дагьаб бугониги, ният халгьабунгIаги Аллагьас ﷻ къабул гьабиялде хьул букIин; лъикIал гIамалаз БетIергьанасде ﷻ гIагар гьарулел кинниги, квешаз Гьесдаса ﷻ рикIкIад гьарулелъул, мунагьазде кколеб гIамал гьабунгутIизе жигар бахъи; суннатаб кIал кквей. Гьел къояз кIал кквеялъул хиралъиялъулъ бицун аварагас ﷺ абун буго: «Гьел къоязулъ кIал кквей буго бищун лъикIал гIамалазул цояб…», - ан (Муслим). ГIарафа къоялъ кIал кквей аварагас ﷺ цIакъго-цIакъ тIадегIан гьабуна: «Аллагьасе ﷻ гIоло гIарафа къоялъ кIал кквей БетIергьанас ﷻ гьабулеб буго араб соналъулги хадусеб соналъулги мунагьал чурилъун», - ан (Муслим). Какал жамагIаталда раялда тIад чIей гьаби, такбир, тагьлил, тахIмид гIемер бачин, садакъа хайрат гьаби гIадал цогидалги Аллагьасде ﷻ гIагар гьарулел суннатал гIамалазде кIвар кьей.

«ЗулхIижа моцIалъул 10-абилеб къо ккола къурбан хъвеялъул байрам. Гьеб къо БетIергьанасда ﷻ цебе бищун лъикIабги буго» (Абу Давуд).

Аллагьас ﷻ тавпикъ гьабеги!

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...