Аслияб гьумералде

Авараг ﷺ вакъун щай чIолев вукIарав?

Авараг ﷺ вакъун щай чIолев вукIарав?

Авараг ﷺ вакъун щай чIолев вукIарав?

Авараг ва гьесул агьлу ракъун рукIунаанин абун гIемер рехсола. Щайха асхIабзабаз Авараг ва гьесул хъизам ракъизе толел рукIарал? 

 

ГIалимзабаз хъвалеб буго, Аварагги ﷺ асхIабазабиги магIишат гьечIого рукIинчIин абун. ГIемерисеб мехалъ гьез жидерго боцIи-мал, агьлуялъе къваригIарабги тун, кьолеб букIана мискинал гIадамазе. Нилъеда лъала Авараг ﷺ, кодоб бугеб жо бикьун лъугIизабун гурони, кьижизе унароан. Авараг ﷺ гIорцIизегIан кваналароан. Щайгурелъул, гIорцIараб мехалда гIибадат гьабизе захIмалъулеб букIун.

Цоги, хъвалеб буго тIоцебе Авараг ﷺ накълулъун хадуб баккараб бидгIа квен гIемер кванай букIанин абунги.

Аллагьасул расулас ﷺ жиндирго ахIвал-хIал (вакъун вукIин) асхIабзабаздаса бахчулеб букIана. АсхIабзабазда гьеб лъалеб букIарабани, сундухъго балагьичIого, гьез кумек гьабилаан. Гьединго Аварагас ﷺ нилъеда малъана гьардей лъикIаб жо гуреблъиги.

ГIалимзабаз хъвалеб буго мискинлъи Аварагас ﷺ жиндиего бокьун тIаса бищараб букIанин абунги. Гьесда лъицаниги, хIатта БетIергьан Аллагьасцин, абичIо мискинлъи тIаса бищеян. Аварагасухъе ﷺ малаик витIула меседил мугIрул дуда цадахъ рилълъине гьарилищинги абун. Гьесда абула, бокьани ханлъун вукIайин, бокьани лагълъун вукIайин абун. Хирияв Аллагьасул расулас ﷺ тIаса бищула авараг-лагълъун вукIине. Аллагьасда аскIоб бищун кIудияб макъам Аллагьасул ﷻ хIакъикъияв лагълъун вукIин буго. Гьесда лъалеб букIана лагълъи тIаса бищаниги Аллагьас ﷻ кIиябго, ай авараглъиги бечелъиги кьезе бугеблъи. Гьелъин Сулайман аварагасги тIаса бищараб гIелму, бечелъиялдасаги мулкалдасаги. Хадуб Аллагьас ﷻ Сулайман аварагасе кинабго кьуна. ГIелму кколелъулха бечелъи ва къуват.

Бечедал асхIабзабицин рукIана ракъун чIолел. Мисалалъе, ГIусман-асхIаб. Гьезги Аллагьасул нухда гIемерисеб жо кьезе хIаракат бахъулаан. Абубакар-асхIабас кинабго Аллагьасул нухда хвезабулеб букIана. Гьевги вукIунаан вакъун, цо-кIиго ретIел ретIине жо гурони гьечIого. Гьелъул магIна ккола, гьезул рекIелъ тIоцебе дин букIанин абураб, дунял гьез малъи гьабулеб букIинчIо.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...