Аслияб гьумералде

ШайтIан рикIкIалъизабе

ШайтIан рикIкIалъизабе

ШайтIан рикIкIалъизабе

Кьижизе регулелъул гьаризе лъикIал, ай Аварагасдасан рачIарал пишаби гIемерал руго. ГIаишатидасан бицана гьезул цояб «Аятул Курси» цIали кколин абун. Кьижилалде цебе гьеб цIаларав чиясдаса шайтIан рикIкIалъулин хъван буго тIахьазда.

 

Абу Гьурайратидасан бицана: «Цо нухалъ хирияв Аварагас ﷺ дида тIадкъана рамазан моцIалъ бакIарараб закагIаталъул тIалаб гьабиялъул иш. Цо къоялъ пуланав чи дихъе вачIана ва жиндиего квен бакIаризе лъугьана. Дица гьесда абуна: «АллагьасхIаги дица мун Аварагасухъе ﷺ вачине вуго!» - ян. Гьес абуна: «Дир кутакаб хIажалъи буго гьелде. Дир буго кIудияб хъизан. Бегьулеб батани, виччай дун», - илан. Дица гьев виччана ва радал Аварагас ﷺ дида гьикъана: «Я, Абу Гьурайрат! Дур асирас щиб сон гьабураб?» - илан. Дица абуна: «Я, Бичасул Расул ﷺ, кутакаб хIажалъи ккун бугин абуна гьес ва кIудияб хъизан букIиналъулги бицана. Гьесда ракIгурхIун виччана дица гьев», - илан. Аварагас ﷺ абуна: «Гьес дуе гьереси бицана. Гьев духъе жеги вачIине вуго», - ян.

Аварагас ﷺ гьедин абидал, дун гьев чи вачIиналъухъ балагьун чIана. КватIичIого гьев вачIана ва квен бищизе жувана. Дица гьев ккуна ва Аварагасухъе ﷺ вачине вугин абидал, гьес абуна: «Виччанте дун, дир руго гIемерал лъимал ва тIокIав гьаниве вачIинаро», - ян. ЦIидасан, ракIги гурхIун, виччан тана дица гьев. Радал Аварагас ﷺ гьикъана: «Я, Абу Гьурайрат! Дур асирас щиб сон гьабураб?» - илан. Дица бицана гьес абураб ва ракIгурхIун виччан танин кIалъана. Аварагас ﷺ абуна: «Гьес дуе гьереси бицана. Гьев духъе жеги вачIине вуго», - ян.

Лъабабизеги вачIиндал, дица гьесда абуна Аварагасухъе вачине вугин абун. Цинги гьес абуна: «Виччай дун. Дица дуда малъила Аллагьас ﷻ дуе пайда гьабулеб калима», - илан. Ва абуна кьижизе вегулелъул «Аятул Курси» цIалейин байбихьудаса ахиралде щвезегIан. Дица гьев виччана ва Аварагас ﷺ радал цIидасан гьикъана сон дур асирас щиб гьабурабилан абун. Дица абуна: «Я, Бичасул Расул ﷺ, гьес абуна цо калима малъилин абун ва малъана кьижилалде цебе авалалдаса байбихьун ахиралде щвезегIан «Аятул Курси» цIалеян. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Унго-унгояв гьерсихъан вугониги гьес дуда битIараб бицун буго! Лъалищ дуда гьеб лъабабго сордоялъ щибгун кIалъалев мун вукIаравали? Гьеб букIана шайтIан», - ян. (Бухари)

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...